МагъчIваялъе рес

МахIачхъала. Кортеж. ГIадатияб хIакъикъат.


МахIачхъала. Кортеж. ГIадатияб хIакъикъат.
please wait

No media source currently available

0:00 0:00:21 0:00
Интернет-мухъ

Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул бетIер Сергей Меликов Дагъистаналде вачIиналда хурхун, МахIачхъалаялда къана аслиял къватIал. ГIемер заманалъ нухазда рагъаричIого хутIана автомобилал. Шоферзабаз квешал рагIабаздалъун ракIалде щвезарулел рукIана республикаялъулги федералияб округалъулги бутIрул. Интернеталда проблема гьоркьоб лъолаго, ракIалде щвезавулев вукIана тахшагьаралъул вукIарав мэр СагIид ГIамировги, МахIачхъала гьесул нухмалъиялда гъоркь Россиялъул бищунго санагIатаб шагьарлъун рикIкIун букIанинги абун. Аммайин, жубалеб буго комментариял хъварав цояс, ахирисел рагIаби кавычкабазде гьоркьоре росизе кколел рукIанин доб мехалдаги жакъагиян.

XS
SM
MD
LG