Киевалда тIобитIараб пресс-конференциялда Украиналъул президент Петр Порошенкоца загьир гьабуна 2020 соналде щвезегIан улка цебетIеялъул «Стратегия – 2020» абураб концепция.
Гьелда бихьизабун буго анлъго соналдаса Украиналъ Евроцолъиялде гъорлъе лъугьиналъе гIарза кьей. Порошенкол рагIабазда, гьелъие къваргIуна 60 реформа тIобитIи.
Гьезда гъорлъ бищунго тIоцересел кколел руго, диваналъул системаялъул, низам цIунулел идарабазул, пачалихъалъул нухмалъиялъул ситемабазул, коррупциялде данде кьеркьеялъул къагиIдабазул ва цогидал реформаби.
Порошенкол рагIабазда, гьеб рахъалда Украиналъ тIоцебего жиндирго къуватазде мугъчIвай гьабизе ккола.
Реформаби гьаричIони, Украина Россиялда цебе жибго цо хутIизе бугин, жубана президентас.