МагъчIваялъе рес

ООНалъул Генералияб Ассамлея байбихьана Нью-Йоркалда


Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул Генералияб ассамблея байбихьана арбагI къоялда Нью-Йоркалда.

140 улкаялъул вакильзаби гIахьаллъулел руго гьеб форумалда. Гьез гьоркьор лъезесел суалазда гъорлъан бищунго кIудияб кIвар кьезе рагIула радикалиял исламистазул къокъабаздаса ва Эбола вирусалдаса дунялалъе бугеб хIинкъиялъул.

Гьенибго борхизабизе рагIула Россиялъ Украиналда хурхун билъанхъизабулеб политикаялъул суалги.

XS
SM
MD
LG