МагъчIваялъе рес

Шотландия КIудияб Британиялда гъорлъ хутIулеб буго


18 сентябралда Шотландиялда тIобитIараб референдумалда бергьун руго регион КIудияб Британиялда гъорлъ хутIизе бокьарал рищарухъаби. Официалиял хIасилазда рекъон, гьаркьал кьуразул 55 проценталъ бищун буго гьединаб вариант. КIудияб Британиялъул премьер-министр Дэвид Кэмероница баркана Шотландиялъул лъиданиги бачIоголъиялъул статусалде данде кампаниялъул лидер Алистер Дарлингида бергьенлъигун. Кэмероница рагIи кьуна Шотландиялъе гIатIидал ресал кьезе ва лъазабуна 2015 соналъул январалда гьелда хурхараб къануналъул проект кьезе бугин парламенталдейин.

XS
SM
MD
LG