МагъчIваялъе рес

Халкъаздагьоркьосеб жамгIияталъ "Исламияб пачалихъалде" данде хIадурулел руго тадбирал


«Исламияб пачалихъ гIуцIиялъул позициязда кIварабан хехго авиакьабиял щвезариялде ахIи балеб буго ГIиракъалъул президент Фуад Масумица.

Гьесул рагIабазда, гьеб гьабизе ккола исламистаз цIиял территорияби рахъизе риччангутIиялъул мурадалда.

Гьединаб лъазаби Масумица гьабуна итни къоялда Парижалда рехсараб гIуцIиялде данде кколективиял тадбирал гьоркьор лъолеб халкъазда гьоркьосеб конференциялда.

Данделъиялда гIахьаллъулеб буго 26 улка. Франциялъул президент Франсуа Олландица лъазабуна, «Исламияб пачалихъалдаса» глобалия хIинкъи бугин, гьединлъидал гьелде дандеги гьаризе кколин глобалиял тадбиралин.

Итни къоялда Франциялъ байбихьана исламистазул позициязда тIад хал гьабиялъул роржиял.

ГIиракъалъул Шималияб рахъалда «Исламияб пачалихъалъул позициязда кьабиял щвезарулел руго Цолъарал Штатаз августалъул байбихьудаса.

XS
SM
MD
LG