МагъчIваялъе рес

Болъихъ: 1999 сон ракIалде щвезабун...


Болъихъ: 1999 сон ракIалде щвезабун...
please wait

No media source currently available

0:00 0:07:18 0:00

Шамиль Басаевасулгун Хаттабил нухмалъиялда гъоркь Дагъистаналде тIадекIанцIарал къокъаби щущазаруралдаса тIубана 15 сон. Гьезде данде рагъулаб операциялда рагъулазда цадахъ гIахьаллъана бакIалъулалги цогидал мухъаздасаги гIадамал. Гьезул хIаракатчилъиялъе лъикIаб къимат кьуна 1999 соналъул сентябралда Болъихъе щварал доб мехалда Россиялъул премьер-министрлъун вукIарав Владимир Путиница ва Россиялъул ТIадегIанаб мажлисалъул миллатазул идараялъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазаница. Дагъистаналъул тарихалъул кIвар кIудияб хIужжа ракIалде щвезабун шамат къоялда Болъихъ тIобитIана кIудияб тадбир.

XS
SM
MD
LG