МагъчIваялъе рес

Регионазул партия рищиязда гIахьаллъизе гьечIо


Украиналъул хIакимлъуда цебе букIараб Регионазул партия иргадулал гурел Украиналъул парламентиял рищиязда гIахьаллъизе гьечIо, ян лъазабуна Киевалда букIараб брифингалда рехсараб партиялъул Президиумалъул секретарь Борис Колесниковас.

Политикияб Шураялъ гьадинаб хIукму гьабун бугин улкаялда рагъ унеб букIиналъ.

Рагъул заманалда рищиял тIоритIизе кколарин, тIаде жубана гьес.

XS
SM
MD
LG