МагъчIваялъе рес

«Исламияб пачалихъалъул» къеркьохъаназ британияв чIвана


Шамат къоялъ Интернеталда загьирабун букIана жидеда «Исламияб пачалихъилан» абулеб багъа-бачариялъул къеркьохъаназ гъоркьлъалие восарав британияв Дэвид Хэйнсил бетIер къотIи бихьизабулеб видео.

КIудияб Британиялъул премьер-министр Дэвид Кэмероница гьелда бан абуна Британиялъул тIадтараз кIванагIан кIудияб хIаракат бахъизе бугин чIвадарухъаби ратизе ва гъозде данде кколеб диван гьабизе кигIан халатаб заман гьелъие гIоло къваригIаниги.

XS
SM
MD
LG