МагъчIваялъе рес

ХъахIал къункърабазул къваридаб гьаракь

Исана микьабилеб сентябралда 91 сон тIубана дунялалдаго машгьурав шагIир ХIамзатил Расул гьавуралдаса. Санайил гьев гьавураб къоялъ тIобитIулеб хъахIал къункърабазул къо кIодо гьабизе Дагъистаналде рачIун рукIана араб анкьида Россиялъул батIи-батIиял икълимаздаса ва къватIисел пачалихъаздаса хъвадарухъаби. Крым бащдабчIинкIилллъиялъул адабияталъул академиялъул президент Валерий Басировги вукIана гьел гьалбадерида гьоркьов. Гьес абуна гьанже Крымги Россиялда гъорлъ бугин ва дагъистаниязулгун жидер къисмат цолъанилан. Гьединго фестивалалда гIахьаллъана Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповги. Нижер мухбир Нурчазул Ахилчица рахъарал суратаз цебечIезабулеб буго XXVIII Халкъазда гьоркьосеб «ХъахIал къункърабазул къоял» абураб Расул ХIамзатовасул цIар кьураб адабияталъул фестиваль Дагъистаналда тIобитIараб куц.

Цойги

XS
SM
MD
LG