МагъчIваялъе рес

Ярагьунарел министралги чIечIого хисулел хъулухъалги


Ярагьунарел министралги чIечIого хисулел хъулухъалги Дагъистаналда халат рахъунел руго хIукуматалъул нухмалъуда кадровиял хиса-басиял. 11 сентябралда индустриялъул ва даран базаралъул рахъалъ министрлъун тана Юсуп ГIумавов. Сентябралъул байбихьуда ГIабдулатIипов Рамазанил хIукмуялда рекъон къана республикаялъул транспорталъулгун, индустриялъул рахъалъ министерлъи. Кинаб магIна бугел гьел хиса-басиязда жаниб ва щай гьоркьоб заман бахъун хъулухъалдаса эркен гьарулел ругел дагъистаналъул хIакимзаби?

11 сентябаралда цIияб хъулухъалде тIамурав ГIумавов Юсуп ккола Буйнакск мухъалъул Гъадар росулъа. 2013 соналъул февралалдаса нахъе гьес нухмалъи гьабулеб букIана Дагъистаналъул даран-базаралъулгун, инвестициязул ва бизнесалъул министерлъиялъеги.

Гьанже гьеб министерлъиялде тIаде бачIана цойги хъулухъ, индустриялъул бутIа.

Цебе гьеб идараялъул гьединго транспорталъулгун энергетикаялъул министрлъун вукIана Гумбет мухъалдаса ХIажимурадов Ширухан.

Исана сентябралъул авалалда гьес нухмалъи гьабулеб букIараб министерлъи къазе хIукму гьабуна ГIабдулатIиповас.

Ширухан ХIажмурадовги батIияб хъулухъалде тIамулев вугилан лъазе гьабуна республикаялъул бетIерас.

Абулеб букIана гьес хIалтIи гьабулеб куцалда ракI рекъон рагIуларин Дагъистаналъул нухмалъулесул ва гьелъул рахъалъ гIезегIан ГIабдулатIиповасул рахъалдаса тIадкIалъаялги щун рагIулин министрасеян.

Живго Ширухан ХIажимурадов лъалел гIадамаз гIадан хIисабалдаги, хъулухъчи хIисабалдаги цIакъ ракIбацIцIадав чи вугилан къимат кьолеб букIана гьесие. Жиндир заманалда гьев вукIана 1998 соналъул МахIачхъалаялъул нухмалъулев вищулеб мехалъ Амировасде данде кандидатура лъурав чиги.

ГIабдулатIипов Дагъистаналъул нухмалъулевлъун вачIинегIан ва гьес министрлъун тезегIан Москваялда транспорталъул департаменталда лъикIаб хъулухъалда вукIарав чи ккола гьев.

Ширухан ХIажимурадовас хIалтIи гьабулеб букIинчIилан абураб пикруялда тIад рекъолев вуго гьединго жамгIияв хIаракатчи ГIисалмухIамад Набиевги.

Гьев гьединго ккола автомобиль бачунезул махщалил цолъиялъул нухмалъулевги. ЦохIо гьев гуревги цониги хIакимас гьабулеб гьечIин хIалтIи.

Мисалалъе транспорталъул бицунеб бугони жакъа Дагъистаналда бугеб транспорталъул гIуцIиялъухъа бажарулин республикаялъул бюджеталде цо миллиард гъурущ магъалодул бакIаризе. Амма хIакъикъаталда бакIарулеб бугин 24-25 миллион гъурущ, гьеб кколин 70 нухалъ дагьаб къадар. Гьеб кинабго иш рукIалиде бачIинабизе тарав министрасги божилъи хвезабулеб бугин президентасул.

Набиев ГIисалмухIамад: «Мисалалъе МахIачхъалаялда буго «Махачкалатранс» ва «МахIачхъала МУП» абураб кIиго идара, гьенир хIалтIулел ругел 5000 гIанасев чиясухъа гьанжелъагIан цониги чиясухъа бакIарун гьечIо магъало.

Гьелъул бакIалда щибаб моцIалъ гьезухъа бакIарулеб буго гIарац, моцIалъе 15-20 миллион гъурущ. ГIабдулатIиповас абулеб буго «обеление экономики» хIажат бугилан.

Гьедин иш букIаго кинаб «обелениеха» букIинеб? Ширухан батIалъи гьечIо, цогидал батIалъ гьечIо, лъиениги бокьун гьечIо хIалтIизе.

ЦохIо ГIабдулатIипов вуго гьеб бокьун, гьелъие гьес хIаракатги бахъулеб буго, амма гьединал хIакимзаби рукIаго гьесул кинабго хIаракатги гIурусалъ абухъе салулъе лъим гIадин къун унеб буго».

Гьалдаса хадур цIияб хъулухъалда тIамурал чагIиги гьезда гьоркьоса бищуго ярагьунев чи ватизегIан заманаялъ тарал чагIи ругин ГIабдулатIиповасилан рикIкIунеб буго ГIисалмухIамад Набиевас.

Гьеб кинбаго хIакимзабазда жидедго бичIчIулебги бугин, гьединлъидал дандечIарал гIадин гьезги жидерго ургъунго хIалтIи гIаксалда гурони гьабулеб гьечIилан абураб пикру буго жамгIияв хIаракатчиясул.

Набиев ГIисалмухIамад: «Цебе кин букIараб? Цебе хIукуматалъул нухмалъуде вачIарав чияс пуланав хIакимасухъа кколеб бутIаги босун живго толаан гьев, жиндего дандекколеб куцалъ хIалтIизе. Гьанже хIакимасда лъалеб буго жив цо сордо-къоялъцин гьенив хутIилин абураб божи гьечIеблъи.

Транспорталъул жавабчилъи кьун буго нухазул рахъалъ агенствоялъухъе. Гьелъул нухмалъулев Загьид Хучбаров хIалтIи гьабулев чи вуго, гьитIинаб къоялдасаго квал-квадун ругьунав чиги вуго, хутIараб заманалъ бихьизабила».

Дагъистаналъул хIукуматалъул нухмалъиялда гьарурал хиса-басиязул бицунаго гьаниб гьединго рехсезе бегьула гьадинаб хIужаги. Августалъул ахиралда финансазул министрлъун тIамуна ЧIарада мухъалда Исламов ГIали.

ЦIевеккун гьев хIалтIулев вукIана гьенивго министр хисулевлъун. Гьесда цее министрлъун йикIарай Антонина Ивановна абурай гIадан гьеб хъулухъалде тIамуралдаса гIемер заман ун букIинчIо гьединлъидал гIемерисезда бичIчIулеб букIинчIо гьей хъулухъалдаса эркен гьайиялъул магIна.

Жиндирго иш лъалей, махщел бугей экномист йикIанин гьейилан абулеб букIана гьей лъалей гIадамаз.

Гьединго лъабабилеб сентябаралда хIукуматалъул вице-премьерасул хъулухъалде тIамуна гьелде щвезегIан туризмалъул комитеталъул нухмалъулевлъун вукIарав ГIисаев МухIамад. 2001-2009 соназ Хунзахъ мухъалъул нухмалъулевлъунги вукIана гьев.

Абулеб букIана ГIисаев гьенив танин дагьалъ цевегIан гьеб хъулухъалдаса вахъарав магIарулав Абусупьян Хархаровасул бакIалда.

XS
SM
MD
LG