МагъчIваялъе рес

ГьитIинай ясалда хIал гьабиялда щаклъи бугев херав чи ккун вуго


Гьал къоязда Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ Буйнакскалдаса чияс жеги балугълъиялде яхинчIей ясалда тIад хIал гьабиялда хурхун такъсиргьабиялъул иш рагьун буго. ЦIех-рех лъугIизегIан гьев чи туснахъ гьавун вугин, ясги тохтурзабаз хал гьабизе азарханаялде ячун йигин лъазабулеб буго хасал идарабазул вакилзабаз.

Буйнакскалдаса херав чияс гьитIинай ясалда хIал гьабиялъул бицун цIун букIанин абизе бегьула гьал къоязда Дагъистаналда интернет. Гьеб хIужжа рикIкIадасан видео-камераялдецин бахъун буго. ЛъикI гьабун гьурмал рихьичIониги, щал-кинали чIезабун бажарулеб хIалалъ гьабун букIана гьеб видео.

Гьебги, 10 сон барай ясалда хIал гьабиялда хурхун гьелъул гIагарлъиялъ цIех-рехалъул идарабазде бачIараб гIарзаги кьочIое босун 11 сентябралда такъсиргьабиялъул иш рагьун буго ц1ех-рехалъул идарабаз.

Гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун цIех-рех лъугIизегIан 76 сон барав Буйнакскиялдаса чи ккун вугин хасал идарабазилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул цIех-рехалъул идарабазул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев Темирбегов Расулица.

Темирбегов Расул: «Гьев чи гьабсагIат ккун вуго. ЦIех-рех лъугIизегIан туснахъ гьавун хутIизеги бегьула гьев. Херав чи вугелъул заманалъ къватIиве виччазеги бегьула. Жеги мухIканго щибго жо абун бажаруларо дихъ.

Гьеб буго цIакъ захIматаб иш. Гьаб сагIаталда жаниб нижеца гьес ясалда хIал гьабулеб букIиналъул баянал лъалев чанго чиясул сурав босана. Нижехъе гьитIинай ясалда квалквадулев херав чи вахъараб видеоги щун буго, амма жеги мухIканго гьел чагIи щалали экспертаз чIезаричIого дица кинаб букIаниги лъазаби гьабун бажаруларо.

Кинабго цIех-рехалъул хIасилазда бараб буго. Гьеб видео бахъаралдасаги заман ун буго, гьей ясалъ гьанже бицун гIагарлъиялда, гьез хъвана нижехъе гIарзаги».

Цебегоялдаса нахъе гьей яс инжит гьаюлей йикIун йигин гьев чияс, гьединлъидал гьесда хадуб халги ккун гьезул мадугьалихъ рукIарал гIисинлъималаз телефоналъул видеокамераялде бахъун бугеб гьениб лъугьа-бахъунебилан абулеб буго бакIалъул гIадамаз.

АсхIабова Савдат: «Гьев чиясда хадуб ххал кколеб букIун бугин, гьеб бакIалдаго тIадги ккун вугин бицунеб буго шагьаралда. Гьес цее-цееги чанги инжит гьаюн йикIун йигин гьей яс.

Гьесул мадугьалихъ йигей, эбел-инсуца тIалабги гьабичIого тарай яс йикIанин гьейилан абулеб буго гьаниб. Эменги-эбелги ратIалъун рукIун руго гьелъул, эбелги кидаго къасиги къадги хIалтIудаги йикIун гьелде регIулей йикIун гьечIо.

Жийго-жийго рокъой йикIунел гьелда аскIове вачIунев вукIун вуго гьезул мадугьалихъ вугев гьев кIудияв чи. Гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ батIи-батIиял харбал рукIин гурони, Буйнакскалда гьев лъимада хIалгьабиялда щаклъи букIун ккурав чиясул цIар, гьев гIумру гьавун букIараб бакI лъалеб гьечIо.

Лъаниги гьесул гIагарлъиялъги сверухълъиялъги гьеб бахчизе хIаракат бахъулеб батилин ккола дида, гурони гьеб жо тухум –кьибилго сурулеб гIадаб жо гьечIищ.

ТIадежоялъе видеоялда бихьулеб буго гьев чи ботIрода тIад такъияги лъун вукIараблъи, чорокал ишал гьарулеб мехалда. Гьелдасан бачIарабищ букIараб яги цойгидал гIиллабийищ гьелъие рукIаралали лъаларо дида, амма цойги хабар букIана гьаниб гьев мажгиталъул имам вугиланцин».

Гьев такъсир гьабиялда щаклъи бугев чи щиб иш-пишаялъул чийин вукIаравин, унго-унголъунги мажгиталъул имам кколевищин гьевилан цIехараб мехалда Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул вакил Темирбегов Расулица абуна, цIех-рех лъугIун бахъинегIан жидеца гьеб суалалъе жаваб кьезе бегьуларилан. Гьев чиясул хIакъалъулъ киналгIаги баяналги къватIире кьезе гьечIилан.

Хасал идарабаз гьев чияс гьитIинай ясалда хIал гьабиялъул хIужжа чIезабун Россиялъул къануналда рекъон гьев бищун дагь 8 соналъ туснахъ гьавизе бегьула.

Балугълъиялде рахинчIел лъималазда хIал гьабиялъул гIайибги гIунтIизабун исана Дагъистаналда туснахъ гьавуна лъабго чи. Гьезул цояв ккола 63 сон барав Ахты мухъалда гIисинал классазул мугIалимлъун хIалтIилев вукIарав ХIажиагъаев ХIажиагъа. Щуго соналъ лъимал инжит гьарулел рукIанин гьесилан абун чIезабуна цIех-рехалъ.

Гьеб хIужжаялда хурхун ХIажиагъаев 14 сонги кьун туснахъ гьавуна. Гьединго 20I4 соналъ гIисинал васазда хIал гьабиялъул гIайибги тIад чIезабун туснахъ гьаруна Гъизилюрталалдаса 26 ва 23 сон барал гIолилал. Диваналъ гьезул цоясе 14 цойгиясе 16 сон туснахъалъул къотIана.

2012 соналда МахIачхъалаядла гьоркьобе унеб ЦIияб Хушет росулъа 50 сон барав Шамсудинов Шамсудинги 80 сон барав гьесул эмен Шамсудинов СалихIги 8 ва 9 сон барав лъабго васасда хIал гьабиялъул гIайибги гIутIизаун туснахъ гьаруна.

Гьеб ишалъул ахIи-хIур бахъараб мехалда ЦIияб Хушет росдал гIадамаз гьел такъсирчIазул мина бухIизе хIал бихьун букIана, гьезул хъизамалда росу тезабизе бугин жидецайин чIун рукIана хушеталъулал.

Буйнакскалда херав чияс гьитIинай ясалда хIал гьабиялъул хIакъалъулъ информация къватIибе бачIарабго социалиял сайтазда гьеб ишалда тIасан кIудияб бахIс унеб буго. Гьенир хъвадарулезул гIемерисез лъазабулеб буго гьев чи инжитаб хIалалъ чIвазе кколилан.

Масала, Абу-асад абураб цIаралда гъоркь «Фейсбукалда» хъвадарулев чияс абулеб буго цин мухIканго гьеб ишалъул хал гьабизе кколила, гьеб уяб жо батани, къануналда божун рукIинчIого гIадамаз жидецаго гьабизе кколила гьев такъсирчиясе гIадлуйилан. Цойгидазе мисаллъун букIине гIадамаз халкъалда цевеги вачун чIвазе кколин гьевилан.

Гьенийго хъвадарулей Фатима Дадаевалъ хъвалеб буго чачаналъ гIадин гьединал такъсирал гьарурал чагIазул тухум кьибилго нахъе хъамизе кколила гьез гIумру гьабун бугеб бакIалдасайилан.

Гьедин гьабун гурони гьел нахъегIанал такъсирал гьарулел чагIи лъугIизе гьечIила. КигIан квешав чи вукIин лъаниги гIагарлъиялъ кинабго бахчизеги бахчун, чанги чи гьес гьабураб такъсиралда рекъарабали киб гурин, кинабгIаги тамихIги гьабичIого хутIулилан.

XS
SM
MD
LG