МагъчIваялъе рес

Барак Обамал калам


АрбагI къоялъул къаси Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца халкалдехун вуссун, телевизионияб хитIаб гьабуна жидеда «Исламияб пачалихъилан» абулеб Америкалъ ва Евроцолъиялъ террористикияблъун рикIкIунеб багъа-бачариялде данде къеркьей гьабиялъул стратегиялда хурхун.

Гьеб стратегиялда рекъон Америкалъул аскарияз ракьул операциязда гIахьаллъи гьабизе гьечIин, рукIине ругин гьавадул гьужумал ГIиракъалдаги Сириялдаги.

Гьединго гьорьоса къотIизе буго рехсараб багъа-бачариялъе щолеб гIарцул кумек.

Жиндирго каламалда Барак Обамаца кIвар буссинабуна Цолъарал Штатаз дунялалда хIалеб ролялде.

Америка бугин дунял терроризмалде данде буссинабизе ва гьеб къеркьеялъе нухмалъи гьабизе кIолеб улкаилан.

Гьеб гуребги, Барак Обамаца мисалалъе бачана Украиналда Россиялъул агрессиялде дандечIеялъул хIужа.

XS
SM
MD
LG