МагъчIваялъе рес

Шамхалалда чIварав щуго гIолохъанчиясул гIагарлъиялъул митинг


Шамхал росулъ хасал операцияби тIоритIи пашманаб гIадатлъун ккун буго.
Шамхал росулъ хасал операцияби тIоритIи пашманаб гIадатлъун ккун буго.

ГIурус театралда цере ракIарарал гIадамаз кодор ккун рукIана 3 сентябралда чIварал жидерго гIагаразул, росуцоязул суратал.

ЧIваразул цоясул вацгIал, ЯхIяев Мусаца ЭР-ялъе бицана гьев щуявго гIолохъанчи гьанжего гьанже лъудби рачарал цоял, рачине къачIалел цогидал рукIанин, щибниги къваригIел гьечIеб жоялде гъорлъе лъугьунел чагIиги рукIинчIин. Цинги цо къоялъ ччугIа кквезе ун ругин гьел, хадуб гьеб бакIалда ратанин гьезул жаназаби. Лъица гьеб чIвай-хъвей гьабурабалиги лъиданиги лъалеб гьечIин.

ЯхIяев Муса: «Полициялдаги чIванкъотIун щибниги абизе кIолеб гьечIо, гьадин батилин, додин батилин гурони. ЧIванкъотIараб хIужа гьечIо. Гьалеха, рес къотIиялъ гьанире митингалде ракIарун ругоха ниж, гьаниб буго гьел васазул цебесеб гIагарлъиги, гьудулзабиги, классцоялги. Щуго гIолохъанчи цадахъго чIвай гьеб гьитIи-бикъинаб жо гурелъул».

Гьел чIварал васазда гьоркьоса Ибрагьим абурасул яц ккола Асият. ЭР-ялъе гьелъ бицана Ибрагьим цо ракIалдаго гьечIого ккун вугин гьел васазда гъорлъе. ХIалтIудаса хадув свакан холаго рокъове вачIунев вукIарав гьесда гьалмагъзабаз абун бугила вилълъайин ччугIа кквезе жидеда цадахъилан. Гьевги разилъун вугила.

«Гьедин ун руго гьел киналго цадахъ. Цинги чIван руго вахIшиго. Кутакалда вахIшиго чIван ратана. Хасго дир вацасул гъеж букIана тIун ун. Черхалда речIчIараб гIечIого, ахиралда ботIродаги речIчIун батана. Лъабго вас нижехъа, кIиго вас Агъачаулалдаса вукIун вуго.

КинабгIаги квешаб жоялда, яги къваригIел гьечIел чагIаздехун хурхенги букIун гьечIо гьезул. Низам цIунулез жидецаго абуна гьедин. Нижер Шамхал росулъа Богатыревка росулъехун ун ругоан гьел. Рохь жоги гьечIо гьениб. ЛъиегIаги гьез квалквал гьабурабали…

Лъица гьеб гьабурабали лъалеб гьечIо. Жакъа гьанире рачIун руго лъицаниги кинабгIаги жаваб кьелародай нижееян. Низам цIунулезги абулеб буго жалги чIун гьечIин.

Бугин цо квер базе щвараб бакIиланги абулеб бугоха, амма лъаларо. Нижее бокьун буго гьаб ишалъул хIакъалъулъ Москваялде, Путиниде щвезегIанги лъазе. Щай нилъер гьанир ракълилал гIадамал хвезе кколел? Гьезул бакIалда нуже-нужерги вацал, васал рукIине рес буго».

Гьел чагIи ракIарараб бакIалда, ГIурус театралда дандритIун чIун рукIана полициялъул къокъабиги. Цогидаб мехалда гIадин митингчагIазе квалквал гьабулебги букIинчIо гьез.

Гьезда гьоркьов вукIана полициялъул подполковник МухIамад МухIамадрасулов. Гьес журналистазда абуна бицен гьабулел гIолохъаби лъица чIваралали тIатинабулеб бугин жидеца. Жидер хъулухъалъул къадруялда бараб жо гIемер букIине бугин гьеб рагьизе кIвани.

Низам цIунулезда божилъи букIарабани, рахъинадайин гьал чагIи жакъа МахIачхъалаялде митингалдейин гьикъидал, ахираб заманалда халкъалда гьоркьоб жидедехун гьединаб божилъи гьечIолъи цIикIкIун бугин жаваб кьуна подполковникас. Амма гьелдаго цадахъ халкъ бугила жидее кумек гьабизе кколел чагIиги. Гурони, жидееги захIмалъулила.

МухIамад МухIамадрасулов: «Ахираб заманалда гIадамаз балъго гьабулеб бугинги абиларо, амма бицунеб гьечIо нижеда, кьолел гьечIо нижее киналгIаги баянал. Нижедаса лъикI гьездалъидал лъалеб сверухъ лъугьа-бахъунеб жо. Гьединго нижецаги ритIухъ гьабила гIадамазул парахалъи цIунун нижее хIукуматалъ кьолеб гIарац.

Гьединго Дагъистаналъул жанисел ишазул министр хисулевги вачIун, 9 сентябралъул къади Шамхалалда тIобитIизе буго кIудияб тадбир. Гьениб борхизе бугин гьеб суалги.

XS
SM
MD
LG