МагъчIваялъе рес

Васазе гIоло «тамихI» инсуе гьабулеб буго


Гьал къоязда хъулухъалдаса вахъун вуго МухIарамкент мухъалъул прокурор. Гьес хIалтIи теялъе гIиллалъун кканила, дагьаб цебегIан гьесул васаз чи лъукъиялда хурхун, гьезда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьийилан рикIкIунеб буго экспертаз.

Россиялъул бетIерав прокурорасул буюрухъалда рекъон МухIарамкент мухъалъул прокурор Гюлмет Ханамиров гьев батIияб бакIалде хIалтIуде лъугьиналда бан. хъулухъалдаса нахъе гьавун вуго.

Кив ва щиб хъулухъалде гьев тIамизе вугевали жеги киналгIаги баянал гьечIо. Экспертаз рикIкIунеб буго Ханамиров хъулухъалдаса вахъиялъе гIиллалъун кканила гьесул кIиявго вас Фаридида ва Амирида тIад такъсиргьабиялъул рагьи.

ЦIех-рехчагIазул баяналда рекъон цеве МахIачхъалаялъул прокурорасул кумекчилъун вукIарав Фарид Ханамировги, гьесул вацги, цойги жеги щивали чIезавизе кIвечIев чиги 13 августалъ МухIарамкент мухъалъул Ярагъ-Казмаляр росдал гIадамалгун дандчIван руго.

Гьел рачIун рукIун руго Ханамировазул яцалдаги Ярагъ-Казмаляралъул гIадамаздаги гьоркьоб бугеб дандеккунгутIи тIагIинабиялъе.

Амма гьеб бакIалда Ханамироваздаги бакIалъул гIадамаздаги гьоркьобги кьал ккун буго. Гьедин Фарид Ханамировас туманкIги бахъун Ярагъ-Казмаляралдаса чиясда речIчIун буго чанго нухалда, гьелдаса хадур жидерго автомобилалъурги рекIун гьениса нахъеги ун руго гьел.

Фаридица лъукъарав чи чанго ругъунги щун азарханаялда вегизавун вуго. Гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун такъсиргьабиялъул иш рагьун хадуб I4 августалда Фарид Ханамиров МахIачхъалаялъул прокурорасул хъулухъалдаса вахъун вуго.

Гьебго къоялъ Амир ва Фарид МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диваналъул хIукмуялда рекъон туснахъ гьарун руго. Такъсирияб къокъаги гIуцIун чи чIвазе хIалбихьиялъул ва изнугьечIого ярагъ босиялъул, ва хIалтIизабиялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго гьезде. Диваналъ гьезда гIайиб букIин чIезабуни Россиялъул къануналда рекъон I2 соналде щвезегIан туснахъ гьаризе бегьула гьел.

Дагъистаналъул прокуратураялъул пресс-хъулухъалъул хIалтIухъан Голубева Татьянаца «Эркенлъи» радиоялъулгун букIраб гара-чIвариялда баян гьабуна жидеца букIине кколеб хIалалда тIобитIизе бугила гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун цIех-рехилан.

Прокуратураялъул хIалтIухъаби рукIунин абун такъсиргьабурав чиясе щибниги бигьалъи букIине гьечIила. Къанун цIунизе кколез гьеб хвезабулеб бугони гьезие дагьабги кьварун тамихI гьабизе кколила.

Гьединго Татьянаца абуна жидеца гIадамазда абулила нужеца цониги хасал идарабазул хIалтIухъабаз къануналде данде кколареб иш гьабулеб бихьани, хасаб телефоналъул номералде нижехъеьахIейилан. Хал гьабичIого гьединаб цохIониги кIалъай толарилан.

Татьяна Голубева: «Республикаялъул прокуратураялда гьабсагIат жигараб хIалтIи унеб буго прокуратураялъул хIалтIухъабаз кинаб букIаниги къануналде данде кколареб иш гьабичIого букIиналъе. Хасал идарабазул парталги ретIун, жидеца бокьараб жо гьабизе бегьулин ракIалда ккола цо-цоязда.

Гьеб мекъаб пикру букIин бихьизабулеб буго нижеца. Къанун цIунулебинги абун жидеего данде кколел жал гьарулелги ратула чангиял.

ГIемерисеб мехалда гьединазда хурхун рачIуна нижехъе гIарзал. Гьеб щибаб гIарзалъулги мухIканго халгьабичIого толаро.

Гьединлъадал Дагъистаналъул прокуратураялъул рахъалдасан дица киналго гIадамазда абулеб буго, нагагь прокуратураялъул яги цойгидал хасал идарабазул хIалтIухъабаз такъсир гьабулеб бихьани, нужеца гьелъул хIакъалъулъ я хъван яги кIалъан лъазабичIого тогейилан».

Дагъистаналъул хасал идарабазул хIалтIухъаби букIине кколеб лъайги щварал, лъикI куцарал чагIи гьечIолъиялъ, гьезул гIемерисезда жидеда тIадаб жо щибалицин лъаларин бицана «Эркенлъи» радиоялъе 30 соналъ жанисел ишазул идарабазда хъулухъ гьабурав, гьанже адвокатлъун хIалтIулев вугев ХIасанов МухIамадица.

Гьев ккола полициялъул подполковник, гьединго жиндир заманалда прокуратураялдаги хIалтIун вуго гьев. МухIамадица бицана жив тIоцеве хасал идарабазде хIалтIизе лъугьунеб мехалда жиндица лъазарурал къануналги, хIалтIул къагIидабиги, къуваталъул хIалтIухъаби мадугьалзабигунцин кинаб гьоркьоблъиялда рукIине кколебалиги жиндида гьабсагIатги кечIгIадин рекIехъе лъалила.

Гьанже ругел хIалтIухъабаз 10 соналда жанибгицин лъазабуларила гьебгощинаб информация. Советияб заманаялъ хасал идарабазул хIалтIухъаби рукIанила лъиего мисаллъун, гьединлъидал жиндир лъадиялъул ретIа-къайгицин букIунаанила батIияб.

ГьелтIе гIунтIунги гIадамаз гIайиб чIвалареб хIалалъ хьвадизе кколаанила жал. Гьанже къуваталъул идарабазде бокьарав чи восулев вугила хIалтIизе, гьезие хасаб хIадуриги щолеб гьечIила, гьел жанире лъугьунелъул жидецаго кьураб гIарац кинандай хеххго тIадбуссинабилаян абун рукIиналъ тIокIаб жоялде регIулел гьечIила.

Гьединлъидал жал къанун цIунизе тарал чагIи рукIинги кIочон тун гьез жидецаго бокьухъин хвезабуле бугила къанунилан.

ХIасанов МухIамад: «Гьанже жанисел ишазул идарабазде бокьарав чи восула хIалтIизе, гьезда гьоркьо унтаралги рукIуна, ботIролъа жагъалалги рукIуна. Кинал рукIаниги гьез кколеб гIарац кьун бугониги гьел нахъчIваларо. Гьедин коррупциялъги ургъелгьечIолъиялъги буго кинабго хвезабун. Инсуца васал лъугьинарун, васаз цойгидал гIагарал чагIиги цIан тухумалги ракIарун.

Гьезда жидедаго тIадаб хIалтIиги, борчги, жавабчилъиги щибжоялицин лъаларо. Гьединлъидал бокьа-бокьараб гьабизе бегьулин ккола гьел хIалтIухъабазда.

Гьединлъидал бокьарав чи вухизеги, лъукъизеги нахъе къалел гьечIел гьел. Гьезда кколеб буго гIарцуца жидеца бокьараб жо тIубазабулилан. Гьединлъидал нилъер гьаниб коррупцияги тIегьалеб бугеб».

Дагъистаналъул прокуратураялъул баяназда рекъон исана соналда жаниб хасал идарабазул 5 хIалтIухъанасда тIад гьабун буго такъсиргьабиялъул иш. Гьел киназулго хасаб къагIидаялъ халги гьабулеб буго. Гьезул кIиго чи тамихIалдецин цIан вуго, цойги кIигоясда хъулухъ тезабун буго.

XS
SM
MD
LG