МагъчIваялъе рес

Украналда аслияб куцалда цlунун буго кьвагьи чIезабиялъул низам


НАТОялъул саммиталда гьабун буго Америкаялдаса, Франциялдаса, Италиялдаса, Польшаялдаса ва Норвегиялдаса Украиналде ярагъ бачIине бугин къотIи. Гьедин лъазабун буго Facebookалда жиндирго гьумералда Украиналъул президентасул кумекчи Юрий Луценкоца. Гьес гьединго хъвалеб буго гьел улкабаз жидерго махщелчагIи ритIизе ругин украиналъул армия ругьун гьабизегийин.

Минскалда рузман къоялда контакталъулаб къукъаялъ Украиналъул машрикъалъул рахъалда кьвагьи чIезабизе гьабураб къотIи букIаго гьатIан къоялъул сардилъ Мариуполалда кьвагьун буго украиналъул армиялъул чIовудабакIалде. Лъукъун вуго цо аскарияв ва хун вуго цо гIадатияв чи. Гьедин лъазабулеб буго Портал 0629.com.ua-ялъ Мариуполь шагьаралъул нухмалъиялда мугъчIвайги гьабулаго.

Гьелдаса цебе Россиялъул ва Украиналъул президентал Владимир Путиница ва Петр Порошенкоца телефоналдаса гьабураб кIалъаялда кIвар буссинабулеб букIана кьвагьи чIезабиялъул низам цIунизе ккеялде.

XS
SM
MD
LG