МагъчIваялъе рес

Украиналда байбихьулеб буго асирал цоцахъ хисизе


Жинцаго лъазабураб «Донецкалъул халкъияб республикаялъул» вакилзаби хIадурал руго Киевалъул нухмалъиялъухъе жидеца асир гьарун рукIарал украиналъул аскариял кьезе. Гьедин лъазабуна гьеб «республикаялъул» премьер-министр абулев Александр Захарченкоца. Итни къоялда украиналъул аскарияз асир гьарун рукIарал сепаратистал нахъе кьеялда хьулги буго гьесул.

Асирал цоцахъ хисулел рукIиналъул гIурхъабалъ жинца цIунулей Украиналдаса йоржарухъан Надежда Савченкоги эркен гьайизе йикIиналда хьул буго гьелъул адвокатасул. Савченко россиялъул журналистал хвеялъулъ гIахьаллъиялда щаклъи бугин абун Россиялда жаний тIамун йиго.

Украиналъул машрикъалъул рахъалда кьвагьи чIезабиялъул къотIи гьабун букIана рузман къоялда Минскалда гьел рахъазул вакилзаби гIахьаллъараб контакталъулаб къукъаялъ.

XS
SM
MD
LG