МагъчIваялъе рес

Талгиялда лъимги, газги, токги гьечIого хутIун руго гIадамал


Dagestan / Derbent. The streets are dirty Derbent after the flood. Financial assistance to residents is weak.
Dagestan / Derbent. The streets are dirty Derbent after the flood. Financial assistance to residents is weak.

Сордоялъ бараб чваххун цIадал хIасилалда МахIачхъалаялда аскIоб бугеб Талги росдал 2 азарго чи лъимги, газги токги гьечIого хутIун вуго. Гьединго цIадаца хвезарун руго росулъ ругел нухалги, лъим кIанцIун буго гIадамазул рукъзабахъги. ЧIвахун цIадазул балагьалде Дагъистан жеги хIадураб гьечIо.

4 сентябралъул сардилъ МахIачхъалаялда ва гьелъул сверухъ ругел бакIазда бараб чваххун цIадаца гIадамазе кIудияб зарал гьабун бугин лъазабулеб буго Дагъистаналъул тахшагьаралъул администрациялъ. Гьезул баяназда рекъон хамиз сордоялъ бараб цIадаца МахIачхъалаялда гьоркьобе унеб Талги росулъ лъел ва газалъул рогIрал росун ун руго. Гьединго токалъул кваралги хIубалгун трансформаторалги жагъаллъизарун руго. Гьелдаго тIаде 2 азарго чияс гIумру гьабун бугеб Талгиялда цо-цо гIадамазул рокъобе лъимги кIанцIун буго, гьелъ биччизабун рокъоб букIараб техникаги бухIун буго гьезул. Гьаб сагIаталда жаниб шагьаралъул администрациялъул хасал идарабаз тIаде босун буго Талгиялда газ, ток ва лъим букIинабиялъе хIалтIаби гьаризе. Амма цIадаца босун бачIараб хIаруца нухал цIезарун рукIиналъ, бакI-бакIалъан гьел чуризарун рукIиналъги росулъе хIажатаб транспорт бахинецин цIакъ захIмалъулеб бугила, гьединлъидал гьел рогIралги, токалъул хIубал къачIайги кида лъугIилебали лъаларилан лъазабулеб буго МахIачхъалаялъул администрациялъул хIалтIухъабаз.

Гьелго чваххун цIадалги ран лълъеца росун ине руго МахIачхъалаялъул нухалги. Шагьаралъул чанги бакIазда автомобилал хьвадун бажарулареб хIал лъугьун буго нухал лъел цIун рукIиналъ. Гьединго Дагъистаналъул ГIорхъолъа арал ишазул министерлъиялъул лъазабиялда рекъон гьал къоязда республикаялъул мугIрул мухъаздаги ран руго чваххун цIадал. Гьезул хIасилалда ЧIарада, ЦIумада, ЦIунтIа ва Рутул мухъалда нухалги хвезарун рукIун руго. Исана июнь моцIалда рарал цIадацаги хвезарун рукIана ЦIунтIа мухъалда нухал. Гьеб хвараб нухдасан гьеб мухъалъул Сагьада, Шаури росабалъа МахIачхъалаялде бачIине букIараб гIадамал раччулеб микроавтобус гIурулъе бортун букIана. Гьелъул хIасилалда 9 чи хвана, гьезда гьоркьобги 2 лъимерги букIана, цо чи жеги ватунги гьечIо, 6 чи батIи-батIияб заралги ккун азарханаялда регизарун рукIана. 8 чиясе гурони бакI гьечIеб гьеб автомобилалъув рекIун вуго 16 чи. Гьеб авариялда хурхун къуваталъул идарабаз такъсиргьабиялъул ишги рагьун, цIех-рех унеб букIана.

Гьал къоязда Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ гьеб автомобиль бачунев вукIарав чиясде бегьулелдаса цIикIкIун чагIи рекIинарун рукIун ругин, хасал лъимал рекIинарулел бакIал рукIун гьечIин гьесул автомобилалъурин абун гIайиб гIунтIизабулеб буго. ЦIех-рехчагIаз лъазабулеб буго автомобиль бачунес, гIадамал раччиялъул къагIидаби хвезарун рукIинчIелани гьевгощинав чиясе къадар щолароанин абун.

ЦIунтIа мухъалдаса МухIамадов МухIамадица гьев автомобиль бачунев чиясде гIайиб гIутIизаби мекъаб иш бугилан рикIкIунеб буго. Гьесул рагIабазда рекъон рес къотIиялъ рачунел руго гьез автомобилалъур рукIине бегьулелдаса цIикIкIун гIадамал. Щай гурелъул тIокIаб кинабниги транспорт букIунеб гьечIо мухъалъул рикIкIад ругел росабалъа гIадамал хьвадиялъе. Гьелде тIадеги Дагъистаналда бищунго хваралгIадал нухал ругел жидер мухъалъе нухал къачIазе цIакъго дагь гурони гIарацги биччаларила. Гьеб гIарацги цIадал ран хадуб ччукIарал, хварал нухал рацIцIад гьаризегицин бакIалъул нухмалъиялъги хIалтIизабуларилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе ЦIунтIа мухъалдаса жамгIияв хIаракатчи МухIамадов МухIамадица.

МухIамадов МухIамад: «Нухал къачIазе ЦIунтIа мухъалъе лъагIалида жаниб гьоркьохъеб къагIидаялъ лъабго миллион гъурущ кьола. Гьеб цIакъ дагьаб гIарац буго. ГIатIиракьалда ругел нухазул 100 километр къачIазе биччан букIуна гьещинаб гIарац. Чанги нус-нус километр бугел нижер мугIрул нухал гьеб гIарцуде къачIан бажаруларо. Бажарунеб жо бакIалъул нухмалъиялъги, нухазул идараялъги гьабулеб гьечIо. Гьезда тIадаб жо буго мухъалда жанир ругел нухал рацIцIад гьари. Гьелъие хIажатаб техникаги гьечIо мухъалда, амма гьеб балагьизениги, нухал рукIалиде рачинени хIаракат бахъулеб гIадаб гьеб нухазул идараялъул хIалтIухъабазулги гьечIо. Дагъистаналъул нухазул идараялъги некIого кверхьвагIун бугин ккола нижер нухазде. ГIадамазе бугеб къварилъиялъул ургъел лъиениги гьечIо. ГIадамазе хьвадизе я транспорт чIезабун гьечIо, я хьвадизе нухал гьечIо. ГIемерисел росабалъе хьвадулеб цохIого цо маршрутка букIуна, гьединлъидал рес къотIиялъ гIадамал цIу-цIун гьелда рекIинеги рекIуна. ТIокIаб гьес гьечIелъул гьезул. Рачинарин абун гъоркь тун гьел гIадамалгун ун бажаруларо маршрутка бачунев чиясухъаги. Гьединлъидалин нижер нухазда гьелгощинал къурбаналги кколел. Июналъ авария ккеялъеги гIиллалъун букIана квешаб нух букIин, тIадежоялъе гьеб цIадал ран хадуса бацIцIад гьабунги букIун гьечIо».

Дагъистаналъул нухазда гIадлу букIинабулеб полициялъул баяназда рекъон исана соналъул бащадаб лъагIалида жаниб республикаялда ккун буго 269 авария ва гьелъул хIасилалда хун вуго 187 чи.

XS
SM
MD
LG