МагъчIваялъе рес

Украиналда ракълилаб планалъе ресал раккулел руго


НАТОялъул улкабазул бутIурулгун Уэльсалда букIараб дандчIваялдаса хадуб Украиналъул президент Пётр Порошенкоца лъазабуна жинца улкаялъул машрикъалъул рахъалда Россиялъул рахъ кколел сепаратисталгун рагъулел Украиналъул аскаразе рузман къоялдаса нахъе кьвагьи чIезе тейин буюри кьезе бугин. Гьедин дагь-дагьккун лъезе бугин ракълилаб планалъе нухилан.

Гьес гьединго абуна гьеб кьвагьи чIезе тей букIанин рузман къоялда Минскаялда Украиналъул, Россиялъул ва Европалда рекъонхIалтIигун хIинкъигьечIолъи цIуниялъул идараялъул вакилзабазул дандчIвалъе рукIарал шартIазул цоябинги.

«Минскалда дандчIвай гьабуни, Генералияб штабалъе буюри кьезе буго дица бакIалъул заманаялда рекъон, къаде сагIат кIиго тIубараб мехалда кьвагьи чIезе теян ва нижер хьул буго гьелдалъун ракълилаб план рагIалде бахъине байбихьизе букIиналда»,-гьедин абуна Порошенкоца.

Киевалъулгун кIалъа-ралъаязда гIахьаллъулев Донецкалъул «халкъияб» абулеб республикаялъул сепаратистазул нухмалъулев Андрей Пургиница абуна хамиз къоялда Украиналъул аскараз кьвагьи чIезе тани, жалги хIадурал ругин кьвагьи чIезе тезейин. Гьедин лъазабулеб буго «Интерфаксалъ».

XS
SM
MD
LG