МагъчIваялъе рес

ГIисаев вице-премьерлъун теялъе гIилла щиб?


Дагъистаналъул парламент
Дагъистаналъул парламент

3 сентябралда Дагъистаналъул хIукуматалъул вице-премьерлъун тIамуна МухIамад ГIисаев. Гьелде щвезегIан гьев вукIана туризмалъул комитеталъул нухмалъулевлъунги Хунзахъ мухъалъул нухмалъулевлъунги.

ГIисаев рикIкIуна гьанже бизнесмен АхIмад Билаловасул рахъалда вугев чилъун. Гьеб бичIчIулеб гьечIо республикаялда гIемерисезда. Щайин абуни гьабсагIаталда Билалов улка тун къватIив вугин абула. Сочиялда Олимпиялъул объектал ралел рукIана Билаловасул компаниялъ. Цинги гьениб Россиялъул тIалъиялъулгун рагIиги дандеккечIого, Билалов махIрум гьавуна Шималияб Кавказалда курортал ралеб компаниялъул нухмалъиялдаса. Гьедин хIасил ккечIо Хунзахъ мухъалъул Макьасда АхIмад Билаловас балеб букIараб курорталъулги. Гьеб гьанже гьесул вацгIал, олигарх Зиявудин МухIамадовас кодобе босун буго. Билаловасул заманалда Макьасда курорт баялъул ишги МухIамад ГIисаевасда тIад букIанин бицуна.

Дагъистаналдаса журналист Муса Мусаевас рикIкIунеб буго вацгIалзаби рукIаниги, олигархал Зиявудин МухIамадовги АхIмад Билаловги цоцазе конкурентал кколин. Гьедин жив кутакалда гIажаиблъизавунин гьеб хIужаялъин бицана Мусаевас ЭР-ялъе.

Муса Мусаев: «Щайгурелъул республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас гьанжелъагIан нух кьолеб букIана Зиявудин МухIамадовасул чагIазе. Масала, Хунзахъ мухъалъулги «Дагавтодор» абулеб гIуцIиялъулги нухмалъиялда тана Зиявудин МухIамадовасул гIадамал. Гьединлъидал мультимиллионер АхIмад Билаловасул чилъун рикIкIунев МухIамад ГIисаев вице-премьерлъун тей Зиявудин МухIамадовасе дандекколеб жо гуро. Гьединлъидал дида кколеб буго ГIисаев Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас вице-премьерлъун тун ватилин кIиявго олигархасул мурадал цIунизелъун, ялъуни гьанже МухIамад ГIисаев ун ватулин Рамазан ГIабдулатIиповасул, яги Зиявудин МухIамадовасул командаялда гъорлъе».

«Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевас ЭР-ялъе бицухъе, кигIан ГIабдулатIиповас тIалъи цIигьабизе кколин абуниги, хъулухъазда толел чагIи руго добго, басрияб таргьиниса: «цевехун кивалиго хIалтIун вукIана, хIалтIул хIалбихьи буго» абураб мисалалда. Гьанже хIукуматалъул вице-премьерлъун туризмалъул комитеталда вукIарав ГIисаев МухIамад тIамуравго гIадин, гьебго комитеталдаса вачун вице-премьерлъун тун вукIанин Анатолий Карибов абурав чиянги ракIалде щвезабулеб буго БисавгIалиевас. Амма гьез Дагъистаналде рачарал туристалги рагIичIила, амма хъулухъалъ тIараде рахунел ругила гьел. Гьединлъидал «Дагъистан» журналалъул редакторас суал лъолеб буго щиб квешаб жойин гьабураб гьез туризмалъул комитеталдаса рахъизе, ялъуни кинаб лъикIаб иш гьабураб гьениса рачун вице-премьераллъун тезе.

Лъалин гьелъие жаваб гьечIеблъиянги тIаде жубана БисавгIалиевас. Советияб заманалда хъулухъазда гIадамал лъикI хIалтIунилан толел рукIун ратани, 90 абилел соназда рэкетлъи гьабун, гIадамал чIван толел рукIун ратани, жакъа кинал тIокIлъабахъ чи тIаде вачунев вугевали кинго бичIчIуларила.

ПалхIасил, гьанжелъагIан хIукуматалда хъулухъал рикьулеб къагIидаялъухъ балагьун, гьенив вице-премьерлъун магIарулав МухIамад ГIисаев тун вуго дагьалъ цевегIан гьеб хъулухъалдаса вахъарав магIарулав Абусупьян Хархаровасул бакIалда.

ГьабсагIаталда Дагъистаналъул хIукуматалда вуго анкьго вице-премьер. Гьезул кIигояв вуго республика тун къватIиса ахIаравги.

XS
SM
MD
LG