МагъчIваялъе рес

Украиналъул кризисалда хурхун Путинил план


Россиялъул президент Владимир Путиница хIадур гьабун буго Украиналъул машрикъалъул рахъалда кризис рагIалде бахъинабиялда хурхун жиндирго план. Гьес гьелъул лъазабун буго арбагI къоялда Улан-Баторалде бухьараб сапаралъул гIурхъабалъ. Гьениб унеб букIана Халхин-Голалда бергьинлъи босаралдаса 75 сон тIубай кIодо гьабиялда сверун Россиялъул ва Монголиялъул бутIрузул данделъи.

Путинил план гIуцIун буго анкьго бутIаялдасан. Гьелде гьоркьобе уна кIиябго рахъалъ кьвагьи чIезе тейги, «халкъияб» абулеб республикаялъул территориялдаса украиналъул аскарал нахъе рачинги, гуманитариял коридорал рагьиги, гьел шартIазда хадуб хал кквезе халкъаздагьоркьосел комиссиязе гьенибе нух рагьиги.

Украиналъул премьер Арсений Яценюкицаги жиндирго иргаялда «Украина цIилъизабиялъул» план лъун буго Украиналъул хIукуматалъул сайталда. Гьелда абулеб буго Россия «агрессорлъун» лъазабизе кколинги, Украиналъе НАТОялъул партнер абураб статус кьезе кколинги, «Къед» абулеб проекталъул гIурхъабалъ Россиялъулгун гIурхъи щула гьабизе кколинги.

Гьелдаса цебе лъазабулеб букIана Россиялъул ва Украиналъул президентал Путиница ва Петр Порошенкоца телефоналдасан кIалъалаго гьабунин Украиналъул машрикъалъул рахъалда кьвагьи чIезе тезе кколин абураб къотIийин.

Донбасалда кьвагьи чIезабиялъул къотIи гьабичIин президентаз Россия гьеб конфликталъул рахъ гьечIолъиялда банин лъазабун букIана Путинил пресс-секретарь Дмитрий Песковас.

XS
SM
MD
LG