МагъчIваялъе рес

Гуманитарияб кумекги, нухазулгун ралъдал лъел цIех-рехги


"От моря к морю" тадбиралъул г1ахьалчаг1и Мах1ачхъалаялда, 3 сентябралда 2014
"От моря к морю" тадбиралъул г1ахьалчаг1и Мах1ачхъалаялда, 3 сентябралда 2014

3 сентябралда Дагъистаналде щвана "От моря до моря" абураб тадбиралъул гIахьалчагIи. Россиялъул Сибиралдаса бахъараб тIубараб улка къотIун рачIун гьез ракIарун руго Украинаялда рагъ ккараб бакIалдаса гIадамазе дарабиги, ретIелги, цогидабги. МахIачхъалаялдасан гьел чагIи ана Чачаналде, гьенисан щвезе руго Крымалде. Гуманитарияб кумек гьаби гуребги, цогидал мурадалги руго гьезул

Рикlкlадаб машрикъалдаса ай Дальний Востокалдаса гьеб автопробег байбихьун буго моцIгун бащадалъ цебе. Щибаб къоялъ гьез нахъа толеб буго гьоркьохъеб куцалда 500 километра. Новосибирскалдаса, Читаялдаса, Магаданалдаса бахъараб Дагъистаналде щвезегIанги рачIун, 3 сентябралда гьел ана Чачаналде, хадур Ставрополь мухъалдасан Крымалдехун ине руго. Гуманитарияб кумек хIисабалда гьез ракIарун руго Украинаялда рагъ ккараб бакIалдаса гIадамазе кьезе дарабиги, ретIелги, цогидабги. МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул администрациялдаса вакилзабаз дарабазул ящикI бачIана босун. Цебеккунго лъазабун букIарабани, жидецаги битIилаанин щиб букIанигиян абулелги ругоан. Гьелдаго цадахъ дагъистанияз кумек гьабулеб буго Украинаялдаса лъутун рачIарал гIурусазе. Масала, цIалул къо байбихьидал, МахIачхъалаялъул школазда цIалулел гьезул лъималазе сайгъат гьаруна цIалуе хIажатал алатал.

Жидеца гьеб тадбир хIукуматалъ тIасахун тIамун гьабулеб жо гурин, халкъалъе бокьун, жамгIиял гIуцIабаз байбихьараб жо бугин бицана ЭР-ялъе журналист Ростислав Антоновас. Гьелде щвелалде ихдалги ун рукIанила Чита шагьаралдаса Крымалде гьалго чагIаз кIиго кIудияб машина цIураб къайи босун. Гьел машинабиги къайиги танила бесдал лъималазул рукъалъеги азарханаялъеги.

Гуманитарияб къайи бакIариялда цадахъго, автопробегалъул гIахьалчагIазул руго цойги мурадалги руго. Масала, Россиялъул тIалъиялде гьез хасаб доклад хIадуризе буго щибаб регионалда ругел шагьранухазул хIалалъул бицун. Гьедин жидеда ракIалдецин келароанин, амма Дагъистаналда ругел шагьранухаз жал гIажаиблъизарунин абуна гьалбадерица. Гьел гIатIидалги, рекIун ине санагIаталги ратанила. Амма гьанжелъагIан жал щварал бакIазда бищунго квешал, тIутIурал, ишараби лъечIел ва къваридал нухал Волгоградалда ратанила.

Крымалдаги Украинаялдаги бугеб ахIвал-хIалалъул бицунел рукIун, жалго россиялъулаз гьоркьоб биччан бугин ракьул рахъалъ Россия жеги кIодолъараблъиян абуна автопробегалъул гIахьалчи Семен Шифриница. Цин бугони, Крымалдаго цадахъ Россиялда гъорлъе бачIанила ЧIегIерралъдал акваторияги.

Семен Шифрин: «Гьединго Крымалда референдум гьабилалде цебесеб къоялъ Дунялалъул Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ хIукму гьабуна Охотское ралъад Россиялъул жанисеб ралъадгун рикIкIине. Россиялъулазин абуни гьелъул хIисабго гьабулеб гьечIо, Украинаялда бугеб рагъул ургъалида рукIун. Гьедин нижер гьаб тадбиралъул мурад буго улкаялъул байбихьудаса гьелъул ахалъуде щвезегIан ратаралщинал гIораздагун ралъадазда бугеб лъел цIех-рехал гьариги. Гьедин цIех-рехазе лъим босизе жакъа ирга щвана Каспи ралъдаде. Хадуб гьеб ирга щвезе буго Азовгун ЧIегIерралъдаде».

XS
SM
MD
LG