МагъчIваялъе рес

Обамаца Эстониялъул тlалъиялъул ракI гIодоцинабуна


Америкаялъул президент Барак Обама, Таллин, 3Сен2014
Америкаялъул президент Барак Обама, Таллин, 3Сен2014

Америкаялъул президент Барак Обамаца Эстониялъул нухмалъиялъул ракI гIодоцинабуна НАТОялда жидер партнеразул хIинкъигьечIолъи цIунизе жидер тIадеросиял «хисуларел» ругин абиялъ.

Таллиналда арбагI къоялда букIараб Обамал ва Эстониялъул президент Тоомас Гьендрикил цадахъаб пресс-конференциялда америкаялъул лидерас ракIалде щвезабуна «Украиналде данде Россиялъул аргессияги».

Эстониялъул лидерас абуна «Россия мукIурлъизе кколин Украиналда бугеб конфликталъул цо рахълъун жиб букIиналъе ва гьеб кризис рагIалде бахъинабизе хIаракат бахъизе кколин гьелъин».

Обама Эстониялде щун вуго НАТОялъул саммиталда цеве.

Москваялъ нахъчIвалел руго Украиналъул машрикъалъул рахъалда сепаратистазул рахъ гьез кколеб бугин ва россиялъул аскарал гьенир ругин абун украиналъул нухмалъиялъ ва магърибалъул улкабаз гьарулел гIайибал.

XS
SM
MD
LG