МагъчIваялъе рес

Евроцолъи хIадураб буго Россиялде данде иргадулал санкцияби хIалтIизаризе


Еврокомиссиялъул бетIер Жозе Мануэль Баррозуца лъазабуна, Украиналъул кризис гIагарлъулеб бугин «нахъе буссине рес гьечIеб» гIорхъиялдейин.

Брюсселлалда Украиналъул президент Петр Порошенкогун рукIарал кIалъа-басаязда хадуб цадахъаб пресс-конференциялда гьес лъазабуна, Евроцолъи хIадураб бугин Украиналда конфликталъул деэскалациялъе ресал рагьизе бегьулел кIалъа-басаязде гьесизабиялъул мурадалда Россиялде данде цIиял санкцияби лъазаризейин.

Еврокомиссиялъул бетIерас кIвар буссинабуна Европаялъ политикиял къагIидабазда конфликт рагIалде бахъинабиялъе хIаракат бахъинабулеб букIиналде.

Гьесул рагIабазда Евроцолъиялъе бокьун гьечIо Россиягун конфронтациялде ине ва цIияб «цIорораб рагъ» байбихьизе.

Жиндирго иргаялда Порошенкоца Россия какана Украиналде интервенция гьабиялъе гIоло ва лъазабуна, улкаялъул территориялда ругин къватIисан аза-азар рагъулав ва нус-нус танкалин.

Евроцолъиялъул къватIисеб политикаялъул тIадагIанай комиссар Кэтрин Эштоница лъазабуна, Россиялде данде цIиял санкцияби хIалтIизариялъул хIукму къабул гьабизе бугин шамат къоялда Брюсселалда тIобитIизесеб Евроцолъиялъул саммиталдайин.

XS
SM
MD
LG