МагъчIваялъе рес

Украиналъул пилот Надежда Cавченкоца инкар гьабулеб буго психиатрияб экспертизаялдаса


Украиналъул пилот Надежда Савченкоца лъазабуна, жиндир планалда гьечIин жиндир психиатрияб цIех-рех гьабизесел тохтурзабигун кIалъзеайин.

Савченкол гьединаб лъазаби жиндирго «Твиттералда» бахъун буго гьелъул адвокат Николай Полозовас.

Гьелда цебе гьес лъазабун букIана Украиналъул пилоталъул психиатрияб экспертиза тIобитIизе хIадурулел рукIиналъул хIакъалъулъ. Савченкоца лъазабун буго, гьеб гали къануналде данде кколарин.

Старший лейтенат Надежда Савченко ккун йикIана июналда ва гьей Россиялда хIадур гьаюлей йиго диваналда цее чIезайиялде. Гьелде гIайиб гIунтIизабулеб буго Россиялъул кIиго журналист чIваялде гIахьаллъи букIиналъул.

XS
SM
MD
LG