МагъчIваялъе рес

Путинилгун Порошенкол гара-чIвариялъе позитивияб къимат колеб буго


Россиялъулги Украиналъулги президентал Владимир Путинидаги Петр Порошенкодаги гьоркьор тIоцересел кIалъа-басаял тIоритIана Минскалда. Украиналъул лидерасул рагIабазда, гьел рукIана захIматал. Путиница гьел кIалъа-басаязе позитивияб къимат кьолеб буго.

КIигогIан сагIтица халат бахъараб гара-чIвариялда хадуб, Порошенкоца лъазабуна, гIагарисеб заманалда жинца Украиналъул машрикъалъул рахъалда рекъел чIезабиялъул «нухлол карта» хIадуризе бугин. Гьес кIвар буссинабуна, «гьеб ракълилаб стратегиялъул рахъ ккунин Минскалъул данделъиялъул киналго гIахьалал рахъазин».

Порошенкол рагIабазда, къотIи-къай гьабун буго гьединго Украиналъулги Россиялъулги гIорхъаби цIунулезда гьоркьор консультацияби байбихьиялъул ва гьоркьоб лъун буго «къануналде данде кколареб къагIидаялда ккурал гражданал» эркен гьариялул суалги.

Владимир Путиница, гара-чIвариялъул хIасилазда хурхун комментариял гьарулаго лъазабуна, Россиялдаги Украиналдаги гьоркьор хутIулел ругин гьанжеги гIемер «рагIалде рахъинаричIел суалалин». Гьесул рагIабазда, Украиналъул жанубиябгун машрикъалъул рахъалда кьвагьдей чIезабиялъул суал гьоркьоб лъун гьечIо. Гьединаб къагIидаялда гьез кIвар буссинабун буго Россия конфликталъул рахъ гьечIеблъиялде.

Данделъиялда цебе тIоритIана «Таможенияб цолъи – Украина – Евроцолъи» форматалъул консултацияби. Гьоркьор лъун руго Украиналъ Евроцолъиялъулгун ассоциациялъул къотIи-къай гъулбасарал шартIазда Таможенияб цолъиялъулгун Украиналъул гьоркьорлъабазул суалал.

Минскалъул кIалъа-басаял рукIанин рагьарал ва позитивиялин, лъазабуна Евроцолъиялъул къватIисеб политикаялъул тIадегIанай комиссар Кэтрин Эштоница. Гьелъ гьединго лъазабуна, Евроцолъиялъ загьир гьабунин Украиналда рекъел чIезабиялда сверун кIалъа-басаязул инициативаян.

XS
SM
MD
LG