МагъчIваялъе рес

Абхазазул рищиязда Гуржиялъ дагIба балеб буго


ГьатIан къоялъ Абхазиялда байбихьана президентасул рищиял. Президентлъун вахъине къасд гьабулеб буго ункъго кандидатас -

Аслан Бжанияца, Леонид Дзапшбаца, Мираб Кишмарияца ва Рауль Хаджимбаца. Шамат къоялъ гьев лъабабго кандидатас гъулбасал лъуна миллияб цолъи цIуниялда хурхараб къотIи-къаялда гъоркь.

Гуржистаналъул къватIисал ишазул министерлъиялъ гьел рищиял къануналде данде кколареллъун рикIкIун, дунялалъул жамагIаталде ахIи балеб буго гьезул хIасил къабул гьабугеян абун.

Тбилисиялъул хIисабалда гьел рищияз улкаялъул суверенитет ва территориялияб цолъи хвезабулеб бугин.

XS
SM
MD
LG