МагъчIваялъе рес

ГIиракъалда жеги 18 чи чIван вуго


ГIиракъалъул Киркук шагьаралда тIатIала лъабго кутакаб кьвагьи бахъана. ЧIван вуго 18-гIанасев чи. Гьезда гъорлъ – «Пешмерга» абулеб курдазул яргъид гIуцIараб къукъаялъул цо чанго рагъухъан.

Щаклъи буго гьеб гьужум «Исламияб пачалихъ» абулеб радикалиял суннитазул багъа-бачариялъул къеркьохъаназ гьабун букIиналда.

Цогидаб кьвагьи бахъана ГIиракъалъул Курдистаналъул тахшагьар Эрбилялда. ГIиракъалъул тIадтараз абулеб буго хIукуматалъул аскариязда кIванин радикалиял суннитазул тIаде-кIанцIи нахъ чIвазе Бейджи шагьаралда. Цо чангояв чIван вугин.

XS
SM
MD
LG