МагъчIваялъе рес

ГIизраил-Палестина: кьал халат бахъунеб буго


Палестинаялъул полициялъ лъазабуна, ГIизраилалъул рагъул гьавадул къуватаз тIабанго биххизабун бугин Газа мухъалда букIараб анкьготIалаялъул мина.

Гьениб букIун буго палестиниязул жанисел ишазул министелъиялъул офис. Палестиниязул сахлъи цIунулел идарабазул баяналда рекъон гьавадул гьужумазул хIасилалда кIиго чи къурбанлъун кканин, жеги щугояв лъукъанин.

Шамат къоялъ Рафахалда бугеб дармил централде ГIизраилалъул авиациялъ гьужум гьабун букIана. Мина чункъун бугин. Добго шамат къоялъ Газа шагьаралда 12- тIалаялъулаб мина биххун буго.

Жиндир иргаялда ГIизраилалъул улка цIуниялъул министерлъиялъ лъазабуна, Сириялдаса щуго ракета биччан букIанин ГIизраилалъул контролалда гъоркь ругел Голаназул борхалъабазде. Мисралъул тIадтараз кIиябго рахъалде ахIи балеб буго Каиралда ракълилал кIалъа-басаял цIигьариялде.

XS
SM
MD
LG