МагъчIваялъе рес

«ГIалхулаб дивизия» гIуцIаралдаса нусго сон ана


23 августалда МахIачхъалаялда ракIалде щвезаруна Дунялалъул тIоцебесеб рагъулъ рагъарал кавказиял. Дунялалъул тIоцебесеб рагъулъ рагъарал кавказиял ракIалде щвезаризе байбихьана Москваялдасаги тIолабго Кавказалдасаго тарихчагIиги жамгIиял хIаракатчагIиги данделъун МахIачхъалаялда гIелмияб форум тIобитIиялдалъун.

Гьел дандеруссиналъе гIиллалъун кколеб буго дунялалъул тIоцебесеб рагъ лъугIун нусго сон тIубай. ГьедигIанасебго заман Кавказалъул чотIахъабазул дивизия гIуцIаралдасаги ун букIин. ГIалхулаб дивизияйинги абулеб букIун буго гьелда.

Гьеб дивизиялда гъорлъе унаан Кавказалъул республикабаздаса рагъухъабаздаса данде гьарурал къокъаби. Масала, гьезул цояб кколаан Дагъистаналъул чотIахъабазул кIиабилеб полк.

Имам Шамил асир гьавун хадуб Россиялъул хIукуматалъ тIадаблъун гьабулароанин дагъистаниязда пачаясул армиялда хъулухъ гьабизе, гIицIго магъалоги тIад лъун толаанилан бицана ЭР-ялъе тарихчи Доногъо ХIажимурадица. Амма гIезегIан чиясе бокьун букIанила Дагъистаналъул кIиабилеб полкалде лъугьине, букIаниги, киналго гурила гьенире росулелги рукIарал.

ХIажимурад Доногъо: «Цин бугони, лъикI гIарац кьолаан гьенир рагъаралъухъ. Цогидал къокъабазда солдатасе анцIго гъурущ кьолеб букIун батани, Дагъистаналъул полкалда 20-25 гъурущ кьолаан. Гьеб кутакаб гIарац букIана доб мехалда. Гьединлъидал магIарухъги рукIун хур бекьулел рукIиналдаса, кодоб ярагъги ккун рагъизего тIаса бищулаан гIемерисез. Жидерго гIамал-хасияталда рекъараб пишалъун бихьулаан гьезда гьеб. Гьелда тIадеги хъизан хьихьизе ресги гьечIищха гьеб. Амма дагь-дагьккун Россиялъул армиялда патриотизм абураб жо къине байбихьана. Гьеб букIана 1916 абилеб сон. Россиялда инкъилаб ккеялде гIагарлъулеб букIана иш. Гьедин хехаб куцалда рагъизе гIадамал ралагьизе Дагъистаналъул мугIрузде ритIун рукIана гIурус офицерал. Амма гьезда гьенир гIадамал данде гьаризе кIвечIо. Щайин абуни, гьеб заманалдехун гьединги гIемер чи ун вукIана рагъде, магIарухъ хутIун рукIана рагъизе гьунар гIоларел, гIолохъанал яги херал чагIи. Гьединго цогидал бихьинал бетIербахъи гьабизе Дагъистан тун къватIире ун ратана гьезда».

Доногъо ХIажимурадица бицухъе, цо полкалда вукIун вуго анлънусиде гIагарун дагъистанияв. Рагъухъаби камун хадуб, щуцIулниги цIи-цIи гьабун буго гьеб.

Тарихчиясул рагIабазда рекъон, тIоцебесеб дунялалъул рагъда кIуди-кIудияб даражаялъул шапакъатал щварал дагъистаниял гIезегIан рагIула, амма гьезие гьедигIан кIвар букIунароанила гьелъул. Каранда балеб орденалъул, масала, Станиславил, Аннал ва Владимирил цIаралда орденал кьолеб мехалда гьез абулаанила жидее гIарцудалъун кьезе бегьуларищан. Щайгурелъул доб заманалда магIарухъ гIадамал язихъго рукIанила. Гьедин цо-цо орденалъухъ лъаб-лъаб гъурущ щолеб букIун буго гьезие.

Амма гьел шапакъатазда гьоркьоб тIадегIанабин рикIкIунеб Георгиясул хъанч босиларинги чIолел рукIун руго дагъистаниял. Жидер диналда данде кколеб гIаламат гурин гьебилан. Гьеб мехалда бусурбабазе риччан рукIун руго Россиялъул герб бахъарал шапакъатал. Амма гьелдаги ракI рекъечIого, багьадурги вахъун кьейин жидее медал-киласин чIолел рукIанила дагъистаниял.

Бицен гьабулеб дивизиялда вагъулев вукIун вуго шагIир, ХъахIабросулъа МахIмудги. Дагъистаналъул полкалда къадилъун вукIун вуго гьев.

Къадиясул рукIунаанила командирасда ращадал ихтиярал. Гьедин хъван батанин Москваялда тарихалъулгун рагъул музеялда бугеб документалдаян бицунеб буго МухIамад ХIасановас. Гьев ккола ХъахIабросулъа МахIмудил фондалъул нухмалъулев ХIасанов МухIамадица.

МухIамад ХIасанов: «Гьеб полкалда рукIун руго Дагъистаналъул киналго миллатазул гIадамал. МахIмудида лъалел рукIун руго гьезул мацIал, гьединго шаригIаталъул арканал. Гьедин тарав вукIун вуго гьев къадилъун. Гьесда цадахъ рукIана Хунзахъа ГIалидада, Юсуп, ЦIатIанихъа Сулейманил МухIамад, МухIамахан.

Гьезул хъвай-хъвагIаял ратана нижеда. Гьез хъвалеб буго МахIмуд кутакалда как-диналда тIад чIарав чи вукIанила, какги ахIулаанила, имамлъиги гьабулаанила. Амма рагъудехун кIвар буссинабулев чи вукIинчIила. Гьес жинцагоги хъвалеб буго цо кочIолъ рокьи гъорлъ гьечIел кьалул харбаца, кьоларила жиндий кеп, кин бицаниги».

МахIмуд лъабго соналдаса вуссун вуго рагъдаса. Гьенив лъукъунги вукIун, дагьалъ къулунги хьвадулаанила.

Дагъистаналъул чотIахъабазул полк гIуцIараб 1853 соналдаса нахъе гьелъул нухмалъиялда рукIун гьечIо дагъистаниял. Командираллъун рукIун руго гуржиял, эрмениял, хъазахъал, асатIинал, гIурусал. ГIицIго Россиялда инкъилаб ккелалдехун, 1917 соналъул байбихьуда дагьабго заманаялъ тун вуго дагъистанияв гьенив нухмалъуда - ГIарацхан ХIажимурад.

Дивизиялъул нухмалъулевлъун вукIун вуго гIурус пачаясул вац Михаил. РекIелъ чIегIерлъи гьечIел кавказиял кутакалда божулел рукIун руго гьесда, гьесдехун кIудияб адабги букIун буго. Нижер Михаил абун рукIунаанила гьесда.

Гьедин Россиялда инкъилаб байбихьизехъин букIин рагIидал, Кавказалде вачIайин, жидеца дуе киналго шартIал чIезарилин рукIунаанила кавказиял гьесда.

Кавказалъул чотIабахъабазул дивизиялда рагъулаго рагъда камурал дагъистаниязе монумент лъезе хIисабалде босана доб цебехун бицараб форумалда.

Цинги МахIачхъалаялъул «Труд» стадионалда рихьизабуна мотофристайлалъул рахъалъ Россиялда, Италиялда, Югославиялда рахъарал чемпионазул церерахъиналги.

XS
SM
MD
LG