МагъчIваялъе рес

Сириялда унеб гражданияб рагъда хун вуго 191-азаргоялдаса цIикIкIун чи


Сириялда унеб гражданияб рагъул къурбанлъун лъугьун вуго 191-азаргоялдаса цIикIкIун чи.

Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул инсанасул ихтиярал цIунулеб идараялъ.

Идараялъул бетIер Нэви Пиллейица рузман къоялда Женеваялда лъазабуна, бицен гьабулеб бугин 2011 марталдаса 20I4 соналъул апрелалде щвезегIан хваразулин.

Гьелъул рагIабазда, гьеб рагIула сон цебеккун ООНалъ лъазабун букIараб къадаралдаса кIиго нухалъ цIикIкIараб къадар. Пиллэйица дунялалъул жамгIияталда гIайиб чIвана битIей чIезабиялъе махIканал галаби гьаругутIиялъе гIоло.

Сириялда конфликт байбихьана хIукуматалде данде ракълилал демонстрацияздаса. Хадур гьел руссана хIинкъигьечIолъиялъул къуватаздаги протесталъул гIахьалчагIаздаги гьоркьор тунка-гIусиязде. Ахир-къадги рагъулаб операциялде гьеб кинабго буссиналъе гIоло, жидерго рукъзал тезе ккун буго улкаялъул халкъалъул бащдаб гIанаб къадаралъ.

XS
SM
MD
LG