МагъчIваялъе рес

Ангела Меркель шамат къоялда щвезе йиго Киевалде


Германиялъул канцлер Ангела Меркель шамат къоялда щвезе йиго Киевалде. Гьелъ кIалъа-басаял тIоритIизе руго Украиналъул президент Петр Порошенколгун ва премьер-министр Арсений Яценюкильгун. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго хIукуматалъул пресс-секретарь Штеффан Зейбертица.

Итни къоялда Порошенкоца телефоналдасахун консультацияби гьарун рукIана Меркелилгун. Гьес лъикIаб къимат кьуна немцазул хIукуматалъ халкъазда гьоркьосеб диалог гIуцIиялъе бахъулеб хIаракаталъе, хасго Германиялъул, Украиналъул, Франциялъул ва Россиялъул къватIисел ишазул министразул гара-чIвари гIуцIиялъе.

КIиябго рахъ разилъун буго, Украиналъул кризис ва Донецкгун Луганск областазда рагъулаб конфликт рагIалде бахъинабиялъул мурадалъул хадусеб гали интерес бугел рахъазул тIадегIанаб даражаялъул кIалъа-басаял тIоритIи букIине кколеблъиялда.

XS
SM
MD
LG