МагъчIваялъе рес

ГIащильтIа щалали лъаларел тIадекIанцIун руго бакIалъулазде


Жал щалали лъаларел маскаби хурал гIадамаз чIван вуго ГIашильтIа росулъа АхIмад МахIамадов. Цогидав чи лъукъунги вугин, лъазабун буго росдал администрациялъул бетIерас.

Гьесул рагIабазда, кIиялго автомобилалда нахъ руссунел рукIун руго радакь Гъабардагун Балкариялдаса. Гьел чIезарун руго «Приора» автомобилалда рекIарал яргъид гIуцIарал гIадамаз, хадур рухун руго. Гьелъул хIасилалда цояв хун вуго. ТIадекIанцIиялъул багьана кинаб бугебали чIезабун гьечIо. Унеб буго цIех-рех.

XS
SM
MD
LG