МагъчIваялъе рес

Цолъарал Штатазул рахIат хвезабулеб буго Россиялъ


Америкалъул Цолъарал Штатазул тIадтараз къасд гьабулеб буго Украиналде Россиялъул бронетехника бачIунеб бугин абураб хабаралда хурхараб мухIканлъи лъазабизе.

ГьабсагIат гьадинал мухIканал баянал гьечIониги. Америкалъул администрациялъ абулеб буго Россиялъул ихтияр гьечIин Украиналъул разилъи гьечIого гьеб улкаялде транспорт битIизе – букIа гьеб гуманитарияб, букIа батIайисеб.

XS
SM
MD
LG