МагъчIваялъе рес

ХIалтIищвеялъул суалал


Дагьал церегIан къояз МахIачхъалаялда бугеб лъарагI-театралда тIобитана Дагъистаналъул пачалихъияб университет лъикIаб цIалудалъун лъугIаразе багIарал дипломал кьей. Шибаб соналъ цIалул идарабазул каваби жидеда нахъа къан хадур, кодоб ккун дипломгун хутIулел руго тIадегIанаб лъай щварал гIолилал. Кин бугеб ахIвал-хIал сон рукIарал студентазул жакъа.

Дагъистаналда, тIолго Россиялда гIадин, жакъа цIакъ кIвар бугеб суал ккола тIадегIанаб лъай щварал хIалтIудалъун хьезари. Советияб заманаялъ тIадегIанаб лъай щварал цIали лъугIигун хIалтIизе ритIулаан университеталдасан.

ХIукумат биххигун гьеб системаги лъугIана. Раккана хIукуматалъул гурел гIуцIцIиял. Жакъа хIукуматалъул хIалтIулги хIукуматалъул гуреб хIалтIулги буго жиде-жидер хаслъиял.

Офицалиял баяназда рекъон жидер цIалдохъаби хIалтIудалъун хьезариялъе Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъ хIаракат бахъулеб буго тIоцебесеб цIалул къоялдаса нахъе хIалтIул ургъел гьабизабизе цIалдохъанасда.

Гьелъие хIажатал тIалабазул агъаз гьабун. БагIараб диплом бугониги , гьеб хIалтIи кьолел чагIазе гIоларелъул.

Гьединго практика, цIалул заманаялъ тIоритулел батIи-батIиял тадбиразде ахIулел руго хIалтIи кьолел чагIи. Универститеталъ хIалтIи кьолелгун хъвалел руго къотIи-къаял, гьез унверситет лъугIарал хIалтIуде къабул гьаризе.

Гьелда хурхун гьадинал баянал кьуна «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул студентал хIалтIудалъун хьезарулеб идараялъул нухмалъулев Шахабасов Раджабица.

Шахабасов Раджаб: «ХIукуматалъул гуреб хIалтIи щвей ва гьениб цеве тIей гIемерисеб бараб букIуна инсанасул жиндирго бажариялда. ХIукуматалъул хIалтIуда батIиял тIалабал рукIуна, гьенир хIажалъалабиги батIиял рукIуна. Нижер цIех рехазда рекъон 70% специалистазе хIалтIи щола.

ХIукуматалъул хIалтIи къиматаб буго , нилъер умумузулго заманалдаса нахъе, тIалъиялда хIукуматалъул хIалтIуда вукIин цIакъ къимат бугеб букIана»

«Возрождение» школалъул мугIалим МаламухIамадова ПатIиматица бицана захIмат букIунин хIалтIищвей, гьеб щибго гьабизе ккечIого харж щолеб хIалтIи къваригIун букIиналъ. Амма инсанасе жиндирго хIалтIиги бокьулеб бугони, аслуялдаса байбихьизе хиялги бугони, хIалтIи гIизагIан бугилан.

Гьелъул пикруялда, хIукуматалъул хIалтIул лъикIлъи буго гьенир гIодор чIун щибго пиша гьабичIого гIарац щвей. ХIукуматалъул гуреб хIалтIул лъикIлъи буго гьениб гIемер харж букIин, гьенир цIкIкIарал тIалабалги, цIикIкIун кIваркьейги букIин хIалтIудехун.

МаламухIамадова ПатIимат: «Дие хIалтIи щвезе щибго зазхIмалъи букIинчIо, дун анна ункъо-щуго батIиял школабазде, гIицIго цIехолеб жо ккана опыт гьечIолъи Дун йосичIей бакI хутIичIо, 40 бакIалде хIалтIуде къабул гьайизе араб бакIалдаса 30 бакIалде дун къабул гьаюн ятана. ЗахIмат букIуна хIалтIи щоларин абуразе, щайгурелъул гьезие къваригIун букIуна щибго жо гьабичIого кIудияб харж щвезе, амма гьедин букIунаро.

Байбихьизе хIадурунги вугонани бокьиги бугонани хIалтIизе щибго квекIен букIунаро хIалтIи щвеялъулъ. Частнвй хIалтIулеб бакIалъул лъикIлъи буго гьенир харжал гIемер рукIин, хIалтIулъ нилъецаго цIиял хIалбихьиял гьаризе бегьиги. Гьелдаго цадахъ гьезул тIалабал цIикIкIарал рукIуна, щайгурелъул, хIукуматалъул гIарац гьениб букIунареблъидал».

Болъихъ мухъалдаса МухIамадхIажиева ПатIиматица бицана, цо-цо специализацияби ругин цIалун лъугIи гурого щибго пайда гьечIеб. Специализациялда рекъараб хIалтIиги щвезе цIакъ захIматаб бугилан.

Гьединал хIалтIабазул цояб кколеб буго социалияб хIалтIи, щайгурелъул шагьаразда хIажатаб бугониги, мухъазда, росабалъ гьединаб хIалтIи къваригIун букIунаро, къваригIараб бакIалдаги, хIалтIул нухмалъулесул гIага-божарал тун рукIунин. Гьединго гьелъ бицана, тIадегIанаб лъай щвараб дипломги тун, жинца батIияб хIалтIи гьабизе ккезехъен бугин.

Аналитиказул пикруялда, жакъа къоялъ лъайкьеялъулъ бугеб ахIвал-хIал бичIизе ва якъин гьабзе кканани нилъ ралагьизе кколел руго экономикаялъул хIажалъалабазухъ. ХIалтIи щвеялъул суал къазе кканани университетаз жидер лъайкьеялъул программаби гIуцIцIизе кколел руго экономикаялъул тIалабазда сверухъ.

XS
SM
MD
LG