МагъчIваялъе рес

Аль-Малики къеркьеялдаса инкар гьабуна


Хамиз къоялъ ГIиракъалъул пачалихъияб телевидениялъ лъазабуна, хIалхьиялде витIарав улкаялъул премьер-министр Нури Аль Маликица хIукму гьабунин жиндир хъулахъалъе гIоло къеркьеялдаса инкар гьабизе.

Цолъарал Штатазул ХъахIаб Рукъалъ гьелда бан лъазабуна, гьеб бугин лъикIаб гали – улка цолъизабиялдехун тIамураб.

Гьанжейилан рес щвана батIи-батIиял миллиял ва диниял къукъабазул вакилзабаздаса цIияб хIукумат гIуцIизе.

XS
SM
MD
LG