МагъчIваялъе рес

Пакистаналда хIукуматалде данде демонстрация


Пакистаналъул тахшагьар Исламабадалда хамиз къоялда аза-азар чи вахъун вукIана хIукуматалде данде бугеб демонстрациялде. Гьез тIалаб гьабулеб букIана Наваз Шарифица нухмалъи гьабулеб хIукумат хIалхьиялде битIизе. Гьезул пикруялда 2013 рукIарал ва премьер-министр Наваз Шариф нухмалъиялде вачарал рищиял рекIкIал рукIана. Демонстрантазул пикруялда, Шарифги рехизе ккола цIиял рищиялги тIоритIизе ккола. Демонстрантаз Исламадалдаса нух босун буго 350 километралъул рикIкIалъула бугеб Лахор шагьаралде.

XS
SM
MD
LG