МагъчIваялъе рес

Бабаевасул рокъоб нахъеги чIухь бана


Бабаев Артур
Бабаев Артур

14 августалъул радал сиясатчи ва жамгIияв хIаракатчи Бабаев Артурил рокъоб къуваталъул идарабаз чIухь бан буго. Гьелдаса хадуб Артурги гьесул кIигявго вацги низамцIунулез ккун полициялъул бутIаялде рачун гьенир чIезарун рукIанин лъазабулеб буго журналист Эседов Альбертица.

Низам цIунулез «Яблоко» сиясатияб партиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Бабаев Артурил рокъоб хасал тадбирл тIоритIулелъул къанунги инсанасул ихтияралги хвезарунин лъазабулеб буго журанлист ва жамгIияв хIаракатчи Эседов Альбертица. Гьес бицухъе хамиз къоялъул радал микьго тIубараб гIадаб мехалда Бабаевасул рокъоре рачIун руго полициялъул хIалтIухъаби. Жаниреги лъугьун рокъор щалин ругелин абун хъачIго кIалъан руго гьел, гьелдаса хадуб жидеца дур гьаниб чIухь базе бугин абун буго низамцIунулез. Амма гьел хасал тадбирал тIоритIулелъул я жидерго яги чIухь базе рес кьолел документалги рихьизарун гьечIо гьез.

Альберт Эседов: «Радал рахъун я документал рихьизаричIого, я жалго щалали бицинчIого чIухь базе лъугьун руго гьел къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби. Нуж щал кинилан цIехараб мехалдаги жал МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул полициялъул бутIаялъул хIалтIухъаби ругин абун гуреб цониги документ бихьизабун гьечIо гьеб мехалдаги. ТIаде автоматалги ритIун рокъор щалин ругелин, гьел киналго къватIире рахъинарейилан лъугьун руго. Гьеб мехалда Артурил дора рукIун руго кIиго гьесул гьитIинав вацги. Кьижаралъусаги рахъинарун гьелги, Артурги гьесул лъадиги Советский мухъалъул полициялъул бутIаялде рачун руго. Гьеб киналъулго хIакъалъулъги лъан дица журналистаздаги лъазабун ахIи-хIур бахъинабураб мехалда полициялъул бутIаялъул нухмалъулес тIаса лъугьайин, жидер хIалтIухъабазул нерваби хун ругин, гьел цо-цо хъачIго хIалтIулинги абун Бабаевасул хъизан биччан тун буго. Гьевго начальникас абун буго киса-кирего тIоритIулел халгьабиял рукIин гурони, хас гьабун нужер гьениб чIухь баялъе гьарулел рукIинчIин гьел ишалилан. Гьедин абуниги полициялъулаз кьищни –къул балеб къалиялъулгицин халгьабун буго».

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Фатина ГIубайдатовалъги «Эркенлъи» радиоялъе бицана шагьаралда такъсириял ишал ккечIого рукIиналъе, зама-заманалдаса батIи-батIиял бакIазда хал-шал гьабулила. Гьединаб иргадулаб халгьабиялде гъорлъе ккун бугила Бабаевасул рукъги, хас гьабун гьесул минаялъухъ балагьизе яги гьениб чIухь базе мурад букIинчIила низамцIунулезулилан.

Артур Бабаев цевеги чанго нухалъ ккун вукIана полициялъулаз, гьесул рокъобги цебеги кIицIулниги чIухьги бан букIана. Живго Артурица бицухъе гьесда хурхун хасал тадбирал тIоритIулеб цониги мехалда гьел гьариялъе кьучIаб гIилла бихьизабун гьечIо къуваталъул идарабаз. Гьес абулеб буго къуватазул идарабаз жиндие рахIат толеб гьечIила жиндир бахараб мегеж букIиналъилан. Мегеж тей гьанже цо-цоязда такъсирлъун бихьулеб бугила. Гьел низамцIунулезул хIалтIудаса разигьечIолъи загьир гьабун Дагъистаналъул жанисел ишазул министр МухIамадов ГIабдурашидихъе кагъатги хъван букIун буго Артурица. Гьелъие бачIараб жавабалда министрас хъван букIун буго магжие гIоло гIадамал полициялде рачунарила ва гьезул рокъор чIухьал раларила, гьеб дуцаго ургъун бахъараб жо бугилан.

XS
SM
MD
LG