МагъчIваялъе рес

Каиралда унел руго Израилалда ва ХIАМАСалда гьоркьор кIалъа-ралъаял


Мисралъул вакилзабазда лъикIаблъун бихьулеб буго Израилалда ва ХIАМАСалда гьоркьоб чIезабун бугеб заманалъул рекъел халатбахъинаби. Каиралда гьел рахъазда гьоркьор унел кIалъа-ралъаязда ХIАМАСалъ тIадчIей гьабулеб буго Газаялда 2007 соналда гьеб къукъаялъ контроль чIезабун хадуб Израилгун Мисралъ гьениб лъураб блокада тIубанго нахъе бахъизе. Жиндир иргаялда Израилалъ тIалаб гьабулеб буго ХIАМАС тIубанго яргъидаса махIурум гьабизе. 8 июлалда гьеб регионалда рагъ байбихьаралдаса хун вуго 1900 палестиниявги Израилалъул 67 чиги.

XS
SM
MD
LG