МагъчIваялъе рес

Къурбанов хъулухъалдаса унев гьечlо


Къурбанов Къурбан, Дербент, 11Авг2014
Къурбанов Къурбан, Дербент, 11Авг2014

11 августалда Дербент мухъалъул администрациялъул бетIер Къурбанов Къурбаница нахъойги лъазабуна жиндир болжал лъугIичIого жив хъулухъалдаса нахъе ине гьечIилан. Гьедин гьес абуна администрациялда кьураб пресс-колнференциялда. Гьесул рагIабазда рекъон, щиб кканиги гьесда дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIиповасул рахъккун гуреб гьесул опозициялде ине ракIалдаги гьечIо.

Дербент мухъалъул бетIер Къурбанов Къурбаница итни къоялъ тIобитIана хас гьабун гьев хъулухъалдаса вахъиялда хурхаралщинал суалал рорхараб пресс-конференция. Гьеб данделъи рагьулаго Къурбановас лъазабуна жинда тIасанги жив хIалтIуда вахъиялда сверун гIемерал ричIчIуларел харбалги, гьерсалги ругила гьединлъидал гьеб суалалда хурхун жиндирго пикру рагьун журналистазе загьир гьабизе къваригIиналъ гIуцIанила гьеб дандеруссинилан. Гьес бицана гьаб сагIаталда жаниб гьес нухмалъи гьабиулеб администрациялъул хIалтIи тIубан чIчIун бугила, гьелъие гIиллалъун кканила рузман къоялъ къуваталъул идарабаз Дербент мухъалъул администрациялъул 2007 соналдаса нахъе хIадураралщинал документал рахъийилан. Гьеб тадбирги киналгIаги къануналги гIадлуги хвезабун тIоритIанин низамцIунулезилан разигьечIолъи загьир гьабуна мухъалъул бетIерас. Гьеб ишалъул букIине кколеб халгьабеян абуна кагъталги ритIанила жиндица республикаялъул прокуратураялдеги цIех=рехалъула идараялдегийилан абуна гьес.

Гьел документал рахъиги тIа-тIалаго администрациялде рачIарал республикаялъул рикIкIеналъул палатаялъулги, экономикиял такъсиразде данде чIараб идараялъул халгьабиялги, документал рахъиги жив хIалтIудаса инавизеялъе гIоло тIоритIулел жал ругин, жинда хъулухъ теян абизе республикаялъул тIалъиялъул вакилзабиги рачIун рукIанин чанцIулгойин абуна Къурбановас.

Къурбанов Къурбан: «Дагъистаналъул бетIерасул администрациялъул бетIер ГIалиев Рамазанги, гьесда цадахъ цойги хIакимзабазул къокъаги чанцIулго бачIун букIана дихъе дун хъулухъалдаса айилан абизе. Гьез абулеб букIана диего бокьун гIарзаги хъван дунги айила нахъе, дица дунго хисулевлъун Азади РахIимовги тейила, хадув дунгоги нахъе ун гьев дир бакIалде мухъалъул бетIерлъуде вачIине. Дица гьездаги цойгидаздаги лъазабуна дун халкъалъ вищун тарав чи вугин, болжал лъугIичIого нахъеги унарилан. Халкъалъги дир рахъ ккуна, щибаб росулъ дир рахъккун данделъабиги тIоритIана. Гьедин дица нахъе инарин кьварун лъазабидал Рамазан ГIалиевас абуна гьедин батанийила дур дора халгьабиялги рукIине ругила, чIухьалги разе ругила, хIатта жанир тIамиялгицин рукIине ругиланги. Дун гьелда разилъана».

«Эркенлъи» радиоялъ Къурбановасда цIехана дуе гьеб хъулухъ тун аралъухъ цойги хIалтIи яги кинаб букIаниги рецIел кьелин абурабищин Дагъистаналъул тIалъиялъилан. Гьеб суалалъе жаваб кьолаго Дербент мухъалъул бетIерас лъазабуна жиндие кинабгIаги рецIелги къваригIун гьечIила, жиндие гьеб кьелин чиги вахъинчIила, жиндиде бацIцIун тIадецуй гьабулеб букIанилан. Гьеб тIадецуй гьабиялъейищин пресс-конференция байбихьилалде цебе духъе гIадамазда КIудияв МахIачилан абун лъалев Дагъистаналъул спорталъул министр МухIамадов МухIамад вачIун вукIаравин цIехараб мехалда Къурбановас хьимхьилаго абуна МахIач Дербент мухъалда спорт цебетIезабиялъул бицине вачIун вукIанилан. Амма администрацилъул хIалтIухъабаз рикIкIунеб буго МахIач гьениве вачIун вукIанила Къурбановасда хъулухъ тезабизейилан, гурони жеги гьеб мухъалдецин ваккичIев гьев министр щибго лъазабиги гьабичIого кIанцIун вахъун радал администрациялде вачIиналъе гIилла букIинчIилан.

Къурбанов хIалтIудаса нахъе витIиялъул хIакъалъулъ харбал раккарабго интернеталда цIакъ тIибитIизабун букIана гьев Азербайджаналдехун хурхенги бугев, гьезда мугъчIвайги гьабун живго жиндаго чIунгIадин вукIун, республикаялъул бетIерасул кверщаликье ккезе чIолев гьечIолъиялъ нахъе реххизе къваригIун вугин ГIабдулатIиповасейилан. Гьесул бакIалда жинцаго малъарабги гьабулев чи тезе вокьун бугин гьеб бакIалда Дагъисаналъул бетIерасейилан.

Гьеб информациялда хурхун дур кинаб пикру бугебилан «Эркенлъи» радиоялъ цIехедал Къурбановас лъазабуна жив Азербайджаналде вуссун гьечIила, Россиялъул президент Владимир Путинги Азербайджаналъул президент Ильгьам ГIалиевги цоцалъ рекъон, гьудуллъиялда ругелъул нилъеца россиянал хIисабалда президентасул нух тIаса бищизе кколилан. Дора ругел азербайджанал батIиял чагIи ругила, гьанир ругел жал азербайджанал батIиял ругила, жал кидаго рукIинеги рукIанила, гьанжеги ругила Дагъистанияллъунин лъазабуна Къурбановас. Жив азербайджаналде мугъги чIван вугин, Дербент гьенибеххун буссинабизе къваригIун бугин диеги цойгидазегийилан абурал харбалги ургъунго жив вокьуларел чагIаз риччарал жал ругин лъазабуна гьес.

Жинда сверун кинал хIаял гьаруниги жив Дагъистаналъул бетIерасде дандечIун, гьесул оппозициялде унаринги лъазабуна пресс-конференциялда Дербент мухъалъул нухмалъулес. Гьесул пикруялда рекъон ГIабдулатIиповасул сверухълъиялъ багъаризабун буго гьесул хъулухъалда сверун ахIи-хIур, живго Дагъистаналъул бетIерасулгун жиндир лъикIал гьоркьорлъаби ругин абуна гьес. Гьес малъаралдасаги кьуричIила жал, гьесул чанги кIуди-кIудиял проекталги жидер мухъалда ругила гIумруялде рахъинарулелин абуна Къурбановас.

XS
SM
MD
LG