МагъчIваялъе рес

Рихьундерил лъимал исана цlаличlого хутlизе бегьула


Басрияб Рихьуниб росу
Басрияб Рихьуниб росу

Исана сентябралда жидеца лъимал школазде ритIизе гьечIин ГЭС балаго гъанкъизарулал жидер ракьазухъ кколеб гIарац жидее кьечIониян абураб магIанаялъул рагьарал кагъатал хъван рукIана Унсоколо мухъалъул Рихьуниб росдал жамагlаталъ Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазанихъе, мугlрузул мухъазда вугев гьесул вакил Зайнулгlабидов Мухlамадихъе ва цоги хlакимзабахъе. Нижехъе щварал баяназда рекъон, августалъул авалалда хъвараб гьеб кагътие жеги жаваб щун гьечIо гьезухъе.

Лъеда гъоркье арал ракьазухъ гьез гIарац тIалаб гьабулелдаса 25 сон буго, амма суал жеги рагIалде бахъун гьечIо. ГЭС балаго лъеда гъоркье ине биччан буго Рихьуниб росдал жамагIаталъул ахазул 644 гектар, 233 хъизам гочине кколеб букIана цIияб бакIалде. Лъеда гъоркье арал ракьазул 224 гектар цIигьабун гьечIо жегиги. ЦохIо Рихьуни росу гуребги гьединго лъеда гъоркье ракьал ана Зирани, Майданское ва ГьаракIуни росдалги

Гьелъухъ рецIалил гIарац тIалаб гьабун чанго нухалда къватIире рахъана гьел. Исана щуабилеб марталда Рихьуниб кIудияб митинг тIобитIизе ракIалда букIана гьезда. Амма къуваталъул идарабаз биччачIо гьезда гьеб гьабизе. Гьелъул бакIалда букIана жамагIаталъул данделъи.

Гьаб нухалъ гьез кагъат хъван буго Президент ГIабдулатIипов Рамазанил цIаралдаги мугIрузул мухъазда вугев гьесул вакил ЗайнулгIабидов МухIамадихъеги.

ЗайнулгIабидов гьениве тIамуралдаса цо моцIгIанасеб заман гурони инчIо.

Кагътида гьез гьарулеб буго исана федерадлияб бюджеталъул программаялда гьоркьобе малъунгIаги гьеб гIарац жидее щолеб нух батеян.

Президентас жал тIаде къабул гьаричIони жидеца лъимал школалде ритIичIого тезе ругин лъазе гьабун буго гьез тIоцебесеб августалда рузман какдаса хадуб жамагIат данделъараб бакIалда.

ЖамагIаталъ суал цебе лъун буго исана лъималазда щибин нилъеца гьабилеб? Хайир щвезейин букIараб пихъги цIорон хванин, 60 миллион гъурщил зарал гьелъулги кканин гьабгощинаб мехалъ бицунеб бугеб рецIалил гIарацги щолеб гьечIин нилъее. РачIайин нилъеца исана лъимал цIализе ритIичIого тезейилан цояс загьир гьабураб пикруялъул рахъккун буго киназго, гьелъниги асар гьабилародайин тIалъиялъин хьул буго гьезул.

Лъималазул цIалиги къурбаналъе босун гIарац тIалаб гьаби гьеб цо магIна гьечIеб хIукму гьечIищилан абураб суалги буго бачIунеб буго гьаниб.

Гьелъие гьадинаб жаваб кьуна жамагIаталъул данделъиялда вукIарав ва кагътида гъоркь гъулбасаразул цояв ХIамзатов ХIамзатица. Гьев ккола Рихьуниб росдал жамагIатчи

ХIамзатов ХIамзат: «Цо-цо эбел-инсуца абулеб букIана кинаб жойила гьеб букIонеб лъималги цIализе ритIичIого тунилан. Амма гIемер ццидахун рукIиналъ данделъаразул цIикIкIарасеб бутIаялъ абуна риччаларила лъимал школалде, мадрасалде ун цIализе гьарилила, вагьабиял рахъине телила, тIалъиялъеги гьедин гурищила бокьун бугеб абун. Гьеб мехалъ дица абуна, йохъ, гьедин букIунарин рачIайин нилъеца жакъа хIукму гьабилин, тIоцебесеб сентябралде гьезда нилъее гIарац кьезе нухги батани, нилъгун дандчIвазе гьаниреги рачIани, ГIабдулатIиповас нилъеца бицунеб жоялъухъ гIинги тIамуни, нилъеца лъимал хIурматияб куцалъ 1-б сентябралда школалде нуха регIила. Гьединаб хIасил ккечIони ритIиларин лъималги школалде. МугIалимзабаз щибниги абулеб жо гьечIо, гьез щиб абуниги умумуз лъимал цIализе ритIичIони школаги букIинишха?».

РецIалил гIарцул цо гъурущ щвечIел гIадамазул цохIо Рихьуни руго 220 чи. Гьелги Зирани, ГьаракIуни ва цогидалги росаби рикIкIинчIого. ХIакъикъаталда гьединаб 2000 хъизам буго росулъ, жиб-жиб хъизамалда лъаб-лъаб ункъо чи вуго, рецIалил гIарацин абуни цохIо хъизамалъе гурони кьоларо. ЦохIо Рихьуни росулъ раг1ула рукъзал гьечIого 228 гIолохъанчи. 2006 соналъ гьанибе рехун букIун буго цо миллиардги 177 миллион гъурущ. Гьеб гIарац биччан букIана ГЭСги бан бахъинабизе, гIадамалги тIуран цIияб бакIалде гочинаризе.

Гьеб гIарцуда гьоркьоса 157 миллион бихьизабун букIун буго цIиял рукъзал разе, 590 миллион росдал магIишат бахъинабизе, ункъабго росдал магIишат цIигьабизе 370 миллион гъурущ, 44 миллион лъел мухъалъе. Амма гьеб гIарцуда гьоркьосан жакъа къоялъ щибниги хIалтIи гьабун гьечIо.

XS
SM
MD
LG