МагъчIваялъе рес

Тегераналъул аэропорталда – 40 чи хвана


Тегераналъул "Мехрабад" аэропорталда гьатIан къоялъул радал "Иран-141 гражданияб боржаро бортун буго. Гьелда рекIарав кIикъогогIаялдаса цIикIкIарав чи хвана.

Ахирисеб заманалда Ираналда авиакатастрофабазул къадар цIикIкIана.

ГIиллалъун лъазабулеб буго авиапаркалда басрияб техника букIин. Аслияб къагIидаялда гьенир хIалтIизарун рукIана 1979 соналда букIараб Исламияб инкъилабалда цере ричун росарал Америкалъул боржараби.

Халкъаздагьоркьосеб жамагIаталъ Ираналде санкциял лъазарун рукIиналъ, тIокIаб чара гьечIого гьениб улкаялъул тIадтараз ричун росулел руго басриял Россиялъул боржараби.

XS
SM
MD
LG