МагъчIваялъе рес

Дербент мухъалъул администрациялдаса документал рахъун ана


Рузман къоялъ Дербент шагьаралъул администрациялдаса ахираб щуго соналъул киналго документал рахъун ана жал жанисел ишазул хIалтIухъабаз. Администрациялъул хIалтIухъабаз лъазабулеб буго гьел документал къанунги гIадлуги хвезабун нахъе рахъун анилан. Гьеб кинабго бугила Дербент мухъалъул бетIер Къурбанов Къурбан хъулухъалдаса вахъизе гьабулеб ишилан рикIкIунеб буго гьез.

8 августалда къалъуда Дербент мухъалъул администрациялде вачIун вуго жидехъе ахираб 5 соналъул документация кьейиланги абун цо чанго чи. Нуж щалин цIехараб мехалдаги гьез абун буго жал ругила Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул экономикиял такъсиразде дандечIараб бутIаялъул хIалтIухъаби ругилан.

Гьедин аби гурони киналгIаги документалги рихьизаричIин гьел чагIазин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дербент мухъалъул администрациялъул рикIкIеналъул палатаялъул бетIер Казалиев Каримица.

Казалиев Карим: «Нижехъе радал I0-II тIубараб гIадаб мехалда битIун бачIана республикаялъул рикIкIеналъул палатаялъул аудиторасул кагъат. Гьеб кагътида аудиторас тIалаб гьабулеб букIана администрациялъул ахираб щуго соналъул кинабгIаги документация.

Гьединал ишал гьарулеб хасаб къагIидаги гIадлуги букIуна. Нижедаго тIадаб жо гьабун цин гьеб кагъат администрациялъул гIаммаб бутIаялде битIана, гьенисанги мухъалъул бетIерасухъе кьуна гьеб. Гьеб кагъат бачIараб заманалда хIалтIуда вукIинчIо Дербент мухъалъул бетIер Къурбанов Къурбан, гьес гъулбас лъечIого ва разилъи кьечIого нижеца киналгIаги документал кьезе бегьуларо лъихъениги.

Гьедин къад 12 тIубараб гIадаб мехалда цо чанго чи вачIана администрациялде, жидехъе цо тIубалелде нужеца киналгIаги документал кьезе кколин лъугьана гьел.

Гьаб сагIат бетIерги гьечIин гьанив, гьес разилъи кьечIого документалги кьезе бегьуларила жидеца, нуж щалалигIаги бицейин абураб мехалда.

Гьезул цояв цевегIанги вачIун нижеде хъетIезе лъугьана, жинда цIар МухIамад бугила, жал экономикиял такъсиразде данде къеркьолеб идараялъул хIалтIухъабиги ругила, нужеца щибилан абуниги I тIубазегIан нужеца документал кьечIони жидеца гьер рахъизе ругин лъазабуна гьез.

Гьеб щинаб жо бицунеб мехалда цохIониги документги бихьизабичIо гьез».

Карим Казалиевас бицухъе къад цо тIубан щуго минут араб мехалда гьел документазда хаду рачIараз ахIун руго полициялъул хасаб бутIаялъул хIалтIухъаби.

Кодоб ярагъги ккун, гьурмазда маскабиги ххун администрациялъул минаялъуреги рачIун, гьез рахъунлъиялде нахъе росун ун руго 2009 соналдаса нахъе исана соналде щвезегIан мухъалъул администрациялда хIадураралщинал документал.

Казалиевас гьел ишал къануналде данде кколареллъун рикIкIунел руго. Гьел къуваталъул идарабазул хIалтIухъабийилан абурал чагIазул ихтияр букIинчIила жидее бокьухъин жанирги рачIун гьенисан документал рукIаниги, цойгидаб щиб букIаниги босизейилан.

Гьезда тIадаб букIанила цин гьел ишал гьаризе изну кьолел кагътал рихьизаризейилан абулеб буго гьес.

Документал рахъулеллъул гьел сундуе гIоло щиб гьабизе рахъулел ругелилан цIехедалги гьел гIадамал хъачIго ахIдезе лъугьун руго, гьел жидее къваригIунги жидее бокьунги рахъулел ругин абун.

Казалиевас рикIкIунеб буго документазда хурхараб гьеб кинабго иш тIобитIиялъе гIилла бугила Дагъистаналъул нухмалъиялъе Дербент мухъалъул бетIер Къурбанов Къурбан хъулухъалдаса вахъизе къваригIун вукIин бугилан.

Дагъистаналъул бетIерас гьесда мун хIалтIудаса нахъе айилан абураб мехалда Къурбановас ине инкар гьабунила, гьанже щиб багьана батунги гьесда хъулухъ тезабизе къваригIун бугин тIалъиялъейилан абулеб буго Дербент мухъалъул рикIкIеналъул палатаялъул нухмалъулев Казалиев Каримица.

РакIалде щвезабилин дагьаб цебегIан телевидениялдасан букIараб чIагояб эфиралъул заманалда Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница лъазабуна цого чагIи кидаго хъулухъалда рукIине кколарила, гьединлъидал Казбек ва Дербент мухъалъул бутIрул хисизе ругилан.

Казбек мухъалъул бетIер ГIабдула МахIачевасул бакIалда тIамуна гьебго мухъалъул полициялъул бетIерлъун вукIарв ХIажимурад Мусаев, амма Дербент мухъалъул бетIерги вахъун гьесул бакIалда цеве Дагъистаналъул юстициялъул министрлъун вукIарав РахIимов Азади толев вугин абур хабар баккараго Къурбановас лъазабуна жив хIалтIудаса кивениги ине гьечIила, жив халкъалъ вищарав чи вугила, болжал лъугIизегIан хъулухъалдаги вукIине вугилан.

КIигониги нухалъ Къурбановасул рахъккун къватIире рахъарал гIадамаз митингги тIобитIана, гьелдаса хадуб рекIел унтиги бачIун азарханаялда вегун живго Къурбановги вукIана. Гьанже мадарги лъугьун хIалтIуде вахъун цо чанго къо букIун буго гьесул.

Дербенталдаса журналист ХанмухIамадов МухIамадица «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда абуна жиндица цIехараб мехалда юристаз лъазабун букIанила халкъалъ вищарав бетIер, тIалъиялъ нахъе айин абун хъулухъалдаса ине кколарилан, гьеб къанун хвезаби кколилан.

Амма нилъер гьаниб чи хIалтIудаса вахъизе къваригIани кинал бокьаниги нухал ралагьулила, гьединал нухазул цояблъун букIанила администрациялдаса документал рахъийилан.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Фатина ГIубайдатовалъ «Эркенлъи» радиоялъе лъазабуна жидеда гьеб Дербенталъул администрациялда лъугьа-бахъунелъул хIакъалъулъ щибниги лъаларилан, гьединлъидал жидер идараялъ киналгIаги баяналги кьезе гьечIила гьел документал рахъиялдаса тIасанилан.

Бюджеталъул гIарац бикъиялъул ишалда хурхараб цIех-рех тIобитIулаго гьал къоязда Дагъистаналъул захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерлъиялдаги, республикаялъул казначействоялдаги ва МухIарамкент, Табасаран, Сулейман-Стал мухъазул гIадамал хIалтIудалъун хьезарулел идарабаздасаги рахъун руго хасал идарабаз документал.

XS
SM
MD
LG