МагъчIваялъе рес

ГIиракъалда зулму халат бахъунеб буго


ГIиракъалъул тахшагьар Багъдадалда цо чанго кьвагьиялъул хIасилалда арбагI къоялъул къаси кIикъоялда анцIгогIан чи чIван вуго. Гьадин лъазабулеб буго «Associated Press» агентлъиялъ бакIалъулаб полициялъул баяналда мугъ чIвай гьабун.

Гьел терактазул жавабчилъи тIад жеги лъицаниги босичIо.

Кьвагьиял рагIулел рукIана шиитаз яшав гьабулел махIлабазда. Дагьалъ цебе ГIиракъалъул хIукуматалъ лъазабун букIана авиациялъ гьавадул гьужум гьабунин Мосул шагьаралда аскIор «ГIиракъалъул ва Леванталъул Исламияб пачалихъ» абулеб гIуцIиялъул рагъухъабаз чIей гьабулел бакIазде.

Гьелъул хIасилалда 60-гIанасев къеркьохъан чIван вугин.

ТIадехун рехсарал терактал гъозул жавабияб тIаде кIанцIи букIун батилин.

XS
SM
MD
LG