МагъчIваялъе рес

Россиялъ Магърибалде санкциял лъазаруна


Россиялъ цо соналъ гьукъана Евроцолъиялдаса, Цолъарал Штатаздаса, Австралиялдаса, Канадаялдаса ва Норвегиялдаса цо-цо кванил сурсатазул импорт. Гьадин лъазабуна Россиялъул премьер-министр Дмитрий Медведевас хамиз къоялъ тIобитIараб хIукуматалъул данделъиялда.

Гьеб буго Магърибалъул улкабаз Россиялде данде лъазарурал санкциязе жавабияб хIукму, ян лъазабуна Дмитрий Медведевас.

Россиялъ гьединго Россиялъул гьавадул нух къана Украиналъул авиакампаниязе. Бицен унеб буго Украиналдаса Азербайджаналде, Гуржистаналде, Армениялде ва Туркиялде Россиялдасан транзиталъул къагIидаялъ роржун унел боржаробазул хIакъалъулъ. Америкалъул ва Европаялъул авиакомпаниязде данде санкциял жеги лъазарун гьечIо.

XS
SM
MD
LG