МагъчIваялъе рес

Коррупциялда данде къеркьейищ, президентасда данде хIалтIийищ?


Дагъистаналъул прокуратураялъ республикаялъул бетIерасухъе хасаб кагъат хъван буго гьесул Администрациялда хIалтIулел чагIазда бан гIунгутIаби тIагIинареян.

Прокуратураялъ дагIба балеб буго пачалихъиял хъулухъчагIазул мал-мулкалдаги, гьединго пачалихъияб хъулухъалда тIадеги гьез гьабулеб батараб цогидаб хIалтIудаги.

Гьеб гIиллаялъе гIоло жавабчилъи тIалаб гьабун буго республикаялъул бетIерасул администрациялдаса ункъо чиясдаса. Гьединго божилъи хвеялда бан хъулухъалдаса нахъе рехун вуго республикаялъул бетIерасулги хIукуматалъулги пресс-хъулухъалъул нухмалъулев хисулев.

Прокуратураялъул сайталда гьеб баян цIакъго мукъсанго кьун буго. Рихьизарун гьечIо жидее щолеб хайир хIукуматалдаса балъго гьабурал ва пачалихъияб хъулухъалда цадахъ цойги хъулухъ тIубазабулел, яги бизнес гьабулел ратун жавабчилъиялде цIарал хIалтIухъабазул цIарал.

Жибго президентасулгун хIукуматалъул сайталдаги гьечIо гьелда хурхараб баян.

Республикаялъул тIалъиялда хIалтIулел рукIаниги, гIиси-бикъинал хъулухъазда ругел информациялъул бутIаялъул хIалтIухъаби гурони, дагьал кIудиял хъулухъазда ругел хIакимзаби-ришватчагIи тIатинаризе щайин бегьуларел прокуратураялъилан, гьеб информация гIад-хочI гьабулел чагIи дагьал гьечIо интернеталдаги цогидаб бакIалдаги.

Гьединлъидал абулеб буго жал хIалтIулел ругилан ккезе прокуратураялъ тIадехун ругезда берцин рихьизе гьарулел тадбирал рукIине рес бугила гьел. Гьединго дов божилъи хвеялда бан хъулухъалдаса нахъе рехарав республикаялъул бетIерасулги хIукуматалъулги пресс-хъулухъалъул нухмалъулев хисулев цоги чиясе хъулухъ эркен гьабизе мурадалда нахъе витIун ватилин абураб пикруги буго.

Цо-цо баяназда рекъон, нахъе рехарав чи Альберт ХIасанов ккола. Администрациялда жаниб бугеб дандечIеялда хурхинабулеб буго гьев хъулухъалдаса махIрум гьави.

Прокуратураялъ тIалъиялда гьарурал гьел хал гьабиялги багьанадуй рачун Дагъистаналдаса юрист Расул Къадиевас гъегъ балеб буго республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасде. ГьанжелъагIан гьесги баян гьабулароанила моцIи-моцIие, лъагIа-лъагIалие жиндие щолеб хайир.

Амма гьебги гьанже, президентлъун вахъаралдаса, цебеялда дандеккун лъабго нухалда дагь щвезе лъугьанин ГIабдулатIиповасе, кинабго хайирги жиндирго лъадуда хъванилан абулеб буго юрист Расул Къадиевас жиндирго блогалда. Кибейила араб гьесул пенсияги, тIахьал хъван щолел гонораралги, банказда бугеб гIарцуде рачIунел проценталги.

ГIабдулатIипов республикаялде нухмалъи гьабизе вачIаралдаса гьесда дандечIарал макъалаби хъвалин Расул Къадиевасилан рикIкIуна Дагъистаналда.

ПалхIасил, прокуратураялъ республикаялъул нухмалъулесул администрациялда хал гьабиял цо хасал мурадазе гIоло тIоритIун ратилин абураб пикру загьир гьабуна ЭР-ялъе Буйнакскиялда рагъулаб бутIаялда биччалеб газеталъул редактор Саният Мансуровалъ. Гьединлъидал гьадинал суал рижулел ругила.

Саният Мансурова: «Гьел хал гьабиял тIоритIизе тIоцеве ракIалде ккарав чи щив, гьеб хал гьабулеб къокъаялда гъорлъ щал рукIарал? Ургъунго республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасда данде гьабулеб хIалтIи бугодай гьеб? Масала, хIалтIизе бажарулел чагIи гьесул командаялдаса эркен гьарулел рукIинеги рес буго.

Журналист хIисабалда, дие кIвар букIуна республикаялда кколел-толел, тIоритIулел тадбиразул. Амма кинабгIаги гъварилъиялдеги раккичIого гьарулел руго гьел. Гьезул гIемерисел руго гьабсагIаталда цо сунда бугониги бараб полоп кинигин, цIакъго тIаса-масаго гьарун толел тадбирал».

Прокуратураялъул сайталда лъураб баяналда рекъон, коррупциялда данде къеркьеялъул мурадалда исана сон байбихьаралдаса араб бащдаб лъагIалида жаниб гьеб идараялъ тIатинабун буго коррупциялда хурхараб лъабазаралда хадуб гъалмагъир. Гьелда бан диваналде битIун буго 250 гIарза. Жавабчилъи тIалаб гьабун буго анкьнусиде гIагарун чиясдаса.

XS
SM
MD
LG