МагъчIваялъе рес

Украиналъул аскариял тIад руссана ватIаналде


Украиналъул гIага-шагарго 180 рагъулав хъулухъчияс Россия тун къватIивехун ана. Гьел гьенире рачIун рукIана Украиналъул машрикъалъул рахъалда кьал багъарараб мехалъ.

Гьадин лъазабуна Ростов икълималда ФСБялъул вакилас. Украиналъул аскариял автобусазде ва рагъулал автомобилазде рекIизарун, гIурхъида бугеб балагьутIа-бакIалде щвезаруна.

Байбихьуда абулеб букIана Украиналъул 400-гIан аскарияс Россиялде вачIун чIей гьабизе бакI гьарулеб букIанин. Киевалъ гьеб дурусги гьабуна, амма мухIканаб къадар рехсечIого.

XS
SM
MD
LG