МагъчIваялъе рес

ООНалъ израилъулалги палестиниялги цIидаса ахIана кьвагьдей чIезабиялде


Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул ХIинкъигьечIолъиялъул Мажлисалъ экстренияб данделъиялда Газа секторалда унеб конфликталъул рахъал ахIана нахъ тIамичIого ва шартIал лъечIого кIвагьдей чIезабиялде.

КIал биччайкъоялъул байрам ракIалде босун, ХIинкъигьечIолъиялъул Мажлисалъул гIахьалал рахъаз Израиль ахIана гуманитарияб рекъелалъул киналго шартIал туразариялде. Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул идараялъул лъазабиялда гъоркь жиндирго гъулбас лъуна анцIилащуябго улкаялъ.

Ахирисел къоязда Израилалдаги ХIАМАС гIуцIиялдаги гьоркьоб чанго нухалъ чIезабун букIана къокъаб рекъел. Гьеб чанго нухалъ хвезабунги букIана. Рахъазда гьоркьоб унел захматал тунка-гIусиязда гьанжеялдего хвана азаргоялдаса цIикIкIун палестинияв ва 45 израилалъулав, аслияб къагIидаялда рагъулал.

XS
SM
MD
LG