МагъчIваялъе рес

Америкаялъ Триполиялдаса гочинабуна жидерго вакиллъи


Шамат къоялда Америкаялъ нахъе гочинарун руго Ливиялда рукIарал жидер вакиллъиялъул хIалтIухъаби. Гьез гьеб гали хурхинабулеб буго улкаялъул тахшагьар Триполиялда ахIвал-хIал хIалуциналда. Пачалихъияб департаменталъ лъазабуна, гьеб вакиллъиялъул хIалтIухъаби заманаялъ мадугьалихъ бугеб Тунисалда рукIине ругин ва гьел цIидасан хIалтIизе байбихьизе ругин улкаялда ахIвал-хIал рукIалиде бачIараб мехалдайин. Пачалихъияб демартаменталъ гьединго абулеб буго америкаялъул гражданазде Ливиялде гьаб заманаялда унгейин ва гьенир ругел нахъе ахIулел руго.

XS
SM
MD
LG