МагъчIваялъе рес

Диналъул гурелги дунялалъулги суалал


К1албиччанкъоялда цебе Дагъистаналъул нухмалъулев дандч1вана исламияб диналъул церехъабигун. Гьез бицана диналъулги, Дагъистаналда исламияб банкгун ц1ияб институт рагьизе ккеялъулги. Амма гьабсаг1аталда Дагъистаналда нахъбахъич1ого к1вар кьезе ккараб масъала бат1ияб бугинги бицунеб букIана гьениб. Кинабха бугеб гьеб масъала?

Диниял церехъабаз республикаялъул нухмалъулесе диналъул гуребги, дунялалъулги бицана. Масала, цIакъго диналда хадур рилълъарал гIадамал нахъе къалел ругила гIадатиял банказде ине. Гьединлъидал рес букIунарищила Дагъистаналда исламияб банк рагьизе.

Хадуб исламиял цIалул идарабазул хабар ккана гьениб. Масала, исламияб лъай босизе гIадамал Дагъистан тун къватIире унареб, гьелъул гIаксалда, цогидал гьанире рачIунеб даражаялъул цIалул идараби къваригIун ругин абулеб букIана Дагъистаналъул муфти АхIмад-хIажи ГIабдулаевас. Исламияб лъаялда хадур гIараб улкабазде арал гIолохъаби экстремизмалдехун цIайиги лъугьун тIадруссунел ругин абураб пикру буго Дагъистаналда.

Гьединлъидал пикру ккана кутакалда бергьараб лъаялъул мугIалимзабиги гIалимзабиги цойиде руссинарун, цо исламияб университет рагьизе, гьелъул филиалал Дагъистаналъул батIи-батIиял мухъаздаги рагьизе.

Амма гьанжегIагар Россиялъул лъай кьеялда хадуб халкколеб идараялъ Дагъистаналда къана теологиялъулгун халкъазда гьоркьосел бухьеназул институт. Багьана букIана гьениб библиотекаялъул иш тасамахIго тун бугин абураб. Гьединлъидал чанго соналъ тIатIалаго хIалтIун, дагьа-макъабго хIалбихьиги щвараб институтги къан, гьелъул бакIалда гьединаб магIнаялъул цIияб цIалул идара рагьиялъе гIилла щибин абураб ЭР-ялъул суалалъе жаваб кьуна МухIамад Мусаевас. Гьев ккола гьеле гьеб къараб институталда цебе рагьун букIараб колледжалъул директор.

МухIамад Мусаев: «ХIукуматалъе гIолеб гьечIоха диниял идарабазда цIаларал гIадамазул лъай. ХIукуматалъул гIарацги, хIукуматалъул гIахьаллъиги гьечIого гьабсагIаталда цогидал цIалул идарабигун конкуренция гьабизе лъугьин гIададисеб жо бугин ккола дида. Гьединлъидал хIукуматги гъорлъе лъугьун динияв махщелчи хIадур гьавиялъул пайда цIикIкIараб букIине батила».

Амма гьанже рахъун республикаялда щиб рагьаниги, дунялалда машгьурал Аль-Азгьаралдеги цогидал исламиял университетаздеги инчIого чIоларин гIадамал рес бугогIан мехалъин абураб пикруги дандчIвала Дагъистаналда.

Республикаялъул бетIерасулгун букIараб дандчIваялда хIукуматалъул вице-премьер Жафаровас бицана жакъа къоялда Дагъистаналда бугила 39 мадраса. Гьезулги микьго мадрасаялъул гурони лицензия гьечIила. Гъоркьисала I05 мадраса букIун буго, амма хIукуматалъул чагIаз гьабураб хал-шалалдаса хадур къан руго, 39 хутIизегIан.

Къуръан магIарул мацIалде буссинабурав Сасикьа МухIамадил ГIабдурахIимидайин абуни жакъа къоялда Дагъистаналда бищун цебе чIараб масъалалъун бихьулеб буго диниял дандеккунгутIабиги багьанадуй рачун гIадамазда гьоркьоб кIудияб кIкIал лъугьун букIин. Гьелда тIасан исана май моцIалда хитIаб гьабун букIана гьес республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасде, амма жаваб щун гьечIоан. Гьелдаса хадуб «Миллат» газеталдаги бахъун букIана гьеб. Республикаялъул бетIерасде гьабураб хитIабалъул магIна гьадинаб букIанин бицунеб буго ГIабдурахIимица ЭР-ялъе.

МухIамадил ГIабдурахIим: «Квешаб хIал буго Дагъистаналда. Дица гъоба хъван буго Лаваша, Унсоколо мухъазда гIадамаз жидецаго гьарулел диваназул. Гьеб гIезегIан лъикI бихьулеб буго полициялдаги хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералиял хъулухъаздаги. Амма гьез щибниги гьабулеб гьечIо. Кида-къадги гьелъ квешаб хIасил кьезе буго. Цояз цогидазул чи чIванани, тушманлъи хутIиларищ гIадамазда гьоркьоб? Абадиялъ кIочонеб жо букIунаро гьеб. Гьединлъидал маслихIат гьабизе ккола, хадубккунги гьединал жал ккечIого рукIиналъе тадбирал гьаризе ккола».

ГIабдурахIимица абулеб буго Дагъистаналда гьеб чIвадари байбихьанин I995/I996 абилел соназго, гьелъие чанго батIияб гIиллаги букIанин. Масала, аслияб гIилла - бусурбабазул кIиго къокъаялъул рагIи дандеккунгутIи. Гьезул рагIи дандеккунгутIи букIанила гIелму-гIакъло дагьаб букIиналъ, динияб ва жамгIияб сиясат битIун бачизе лъангутIиялъги. Гьеб чIвадари халалъиялъе квербакъи гьабунила хIукуматалъул бутIрул ва цогидал хIакимзаби жидерго кисиниб бортулеб жоялъул гурого кIвар гьечIел рукIиналъ.

XS
SM
MD
LG