МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул хIукуматалда цIиял хиса-басиял


ГIабдулатIипов Рамазан жиндир сверухълъигун, Махlачхъала, 26июл2013
ГIабдулатIипов Рамазан жиндир сверухълъигун, Махlачхъала, 26июл2013

Рузман къоялъ Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница цIидасан хиса-басиял гьаруна республикаялъул хIукуматалдаги, министерлъияздаги. БетIерасул хIукмуялда рекъон хъулухъаздаса рахъун руго республикаялъул хIукуматалъул тIоцевесев вице-премьер Хархаров Абусупьян ва Дагъистаналъул юстициялъул минист РахIимов Азади.

25 июлалъ Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазанил хIукмуялда рекъон Хъулухъалдаса вахъана республикаялъул хIукуматалъул тIоцеесев вице-премьер Хархаров Абусупьян. Гьесул бакIалда тIамун вуго Дагъистаналъул экологиялъул ва тIабигIаталъул министр Идрисов ХIасан. Гьев хисун республикаялъул экологиялъулгун тIабигIаталъул министрасул хъулухъ кьун буго Набиюла Карачаевасе. Гьеб хъулухъалде тIамизегIан гьес 8 соналъу нухмалъи гьабуна Россельхознадзор абураб росдал магIишаталда хурхараб идараялъе.

Гьанибго рехсезе ккола Идрисов ХIасан экологиялъул ва тIабигIаталъул министрлъун тIамизегIан чанго соналъ вукIана Дагъистаналъул президент МухIамадов МухIамадсаламил администрациялъул бетIерлъун. МухIамадов хисул ГIабдулатIипов вачIараб мехалда ХIасанов тIамуна министрасул хъулухъалде.

Гьединго Дагъистаналъул бетIерасул хIукмуялда рекъон хIалтIудаса вахъана Дагъистаналъул юстициялъул министр РахIимов Азадиги, гьесул бакIалде тIамун вуго республикаялъул хIукуматалъул вице-премьерлъун вукIарав ХIасанов Арсен.

МухIканал гурел баяназда рекъон гьал къоязда РахIимов Азади Дербент мухъалъул бетIерасул ишал тIуралевлъун тIамизе вуго. Гьелго баяназда рекъон Хархаров Абусупьянги Дагъистаналъул нухмалъулесул кумекчилъун толев вуго.

Гьел баяназ, ГIабдулатIипов Рамазаница 23 юлалда чIагояб эфиралъул заманалда жиндица гIагарал къоязда кIиго мухъалъул бетIер хисизе вугин абурал,рагIаби ритIухъ гьарула. Гьес лъазабун букIана нухмалъиялда цого чагIи рукIине бегьуларила гIемераб мехалъ, гьединлъидал 7 соналъ нухмалъиялда вугев Казбек мухъалъул бетIер ГIабдула МахIачевасул, Дербент мухъалъул бетIер Къурбанов Къурбанил бакIалда гIолохъанал бутIрул тIамизе ругилан. Къурбанов Къурбаница Дербент мухъалъе 7 соналъ нухмалъи гьабулеб буго, гьелда цебе гьеб хъулухъалда вукIана гьесул кIудияв вац Алим Къурбанов, гьесдасаги цебе Дербент мухъалъе бетIерлъи гьабуна гьезул эмен Къурбанов СагIидицаги.

XS
SM
MD
LG